Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    Назру гьави

    Аллагьас рагӀи кьолеб буго: «Ва Дун валагье, ракӀракӀалъ нужеца валагьани, Дун нужеда ватила», - ян. (Иер. 29:13). Нилъедаса тӀалаб гьабулеб буго тӀубанго Аллагьасе мутӀигӀлъи, гьелдалъун нилъер чорхолъ лъугьунеб буго Гьесулгун релълъенлъи ва нилъ цӀилъулеб хиса-баси. Нилъер тӀабигӀаталдалъун нилъ Аллагьасдаса ратӀа тӀун руго. Гьединаб хӀалалъул хӀакъалъулъ гьадин бицунеб буго Илагьияб РухӀалъ: «такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагӀийин нуж рукӀарал», «тӀолабго бетӀер чанхъаз бацун букӀана», «ракӀ гьодорлъун букӀана», «сахаб бакӀ хутӀун букӀинчӀо». Илбисалъ нилъ щулаго ккезарун рукӀана жиндирго къорикье, гьелъ «жиндирго кверщаликь чӀезарун рукӀана» (Еф. 2:1; Ис. 1:5,6; 2 Тим. 2:26). Аллагьасе бокьана нилъ сахлъизаризе ва тархъанлъизаризе. Амма гьелъие хӀажалъулелъул кьучӀдасанго хисизари ва нилъер тӀолабго тӀабигӀат цӀилъизаби, гьединлъидал нилъ тӀубанго Гьесие мутӀигӀлъизе ккола.МЦ 32.1

    Жидерго нафсгун къеркьей - гьеб буго гӀадамаз кидагоги гьабизе ккараб бищунго кӀудияб рагъ. Жидерго нафс къезабизе, Аллагьасул къудраталъе тӀубанго мутӀигӀлъизе хӀаракат бахъизе ккола. Живго Аллагьасе назру гьавичӀони, инсанасе щоларо бацӀцӀадаб цӀияб гӀумру.МЦ 32.2

    Аллагьасул кверщел «беццаб» мутӀигӀлъиялъулъ, гӀакълу гьечӀеб мутӀигӀлъиялъулъ гуро бугеб, амма илбисалъе бокьула гьеб гьедин букӀине. Жинца рижаралщиназул гӀакълуялде ва намусалде ахӀи бала Аллагьас. Гьес гӀадамазда абула: «РачӀа, хӀукму гьабилин» (Ис. 1:18). Гьес нилъер рухӀалъе хӀал-зулму гьабуларо ва къабул гьабула бокьун, разилъун лъугьунеб, гӀакъилаб мутӀигӀлъи. Зулмуялдалъун гӀинтӀамизе ахӀиялъ хвезабилаан тӀолабго рахъалъулаб гӀакълуяб ва намус-яхӀалъулаб цебетӀеялъе рес. Гьелъ инсан роботалде сверизавилаан. Гьеб данде кколаро Нилъ Рижарасул кверщелалде. Гьесие бокьула жинца бижанщиналъул тӀогьлъун, тӀокӀлъилъун лъугьарав инсанасе бищунго тӀадегӀанаб цебетӀей щвезе. Аллагьас нилъее бихьизабулеб буго бищунго цӀикӀкӀараб лазат бугеб бакӀ ва Гьесие бокьун буго Жиндирго цӀобалдалъун нилъ гьенире рачине. Гьеб Жинца ургъараб иш тӀубазе гӀоло, Жинде руссайилан ахӀулеб буго Гьес нилъеде. Нилъеца тӀаса бищизе ккола, Аллагьасул лъималазул эркенлъиялде гъорлъе лъугьине гӀоло, мунагьалъул ханлъиялдаса тархъанлъизе нилъее бокьун букӀин.МЦ 32.3

    Нилъго Аллагьасе назру гьабиялдалъун, нилъеца чара гьечӀого инкар гьабизе ккола Гьесдаса нилъ ратӀа гьабулебщиналдаса. Гьединлъидалин Хвасар гьарулес абулеб бугеб: «Нужеда гьоркьов вугев щивав чияс жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичӀони, гьесда кӀоларо Дир чапарлъун вукӀине» (Лк. 14:33). Бечелъиялъ жиндехунго цӀала гӀемерисел гӀадамал. ГӀарцуде рокьи, бечелъиялде гӀащикълъи - гьеб ккола гьел илбисалдехун рухьунеб меседил рахас. Цогидаз бищунго цӀикӀкӀун тӀалаб гьабула цӀар-рецц ва хӀурмат-къадру. ТӀалаб-агъаз ва жавабчилъи гьечӀеб гӀумру бокьулелги руго. Амма гьел лагълъиялъул рахсал тӀу-тӀун разе ккола. Нилъеда кӀвезе рес гьечӀо бащдалъ ТӀадегӀанасе, бащдалъ дунялалъе мутӀигӀаллъун рукӀине. Нилъ Аллагьасул лъималлъун рукӀунаро, тӀубанго гьесуллъун лъугьинчӀони.МЦ 33.1

    Цо-цояз чӀезабула жидеца Аллагьасе хъулухъ гьабулеб бугилан, амма Гьесул къанун тӀубазабиялда, бацӀцӀадаб гӀамалхасият куцаялда ва хвасарлъиялда хурхун жидерго къуваталде мугъчӀвай гьабула. Гьединал гӀадамазул ракӀазе МасихӀил рокьиялъ жеги тӀубанго асар гьабун гьечӀо. Гьез хӀаракат бахъула христианазда тӀадал жал Аллагьасул фарз гӀадин кьуричӀого тӀуразаризе, гьелдалъун жидее абадияб гӀумру насиблъулеб гӀадин. Гьединаб диналъул щибниги пайда гьечӀо. МасихӀ рекӀелъ вугони, нилъелъе Гьесул рокьи ва Гьесулгун гьоркьоблъиялъул рохел лъугьуна, гьелдаса хадуб нилъеда Гьев гьечӀого чӀезе кӀолареб хӀалалъ. Гьесул пикру гьабулаго, нилъеда кӀочон тола нилъер нафс, нилъер киналго ишазда кверщел гьабула МасихӀиде рокьиялъ. Нилъ жиндехунго цӀалеб Аллагьасул рокьиялъул асар рекӀелъе лъугьарал гӀадамаз пикру гьабуларо Аллагьасул тӀалабал кӀванагӀан жидее бигьаяб къагӀидаялъ киндай тӀуразарилел абун. Гьез хӀаракат бахъула Жидер Мунагьал Чурарасе тӀубанго дандекколеб къагӀидаялъ гӀумру гьабизе, хӀадурго рукӀуна рохуца холаго кинабго рехун тезе ва жидеца тӀаса бищараб мурадалде щвеялъе гӀоло тӀубанго жал назру гьаризе. Христианасул рекӀелъ гьеб гъваридаб рокьи гьечони, гьесул дин ккола гьодорал рагӀаби, гьереси ва баччизе бакӀаб гьир.МЦ 33.2

    Нужеда кколеб батила МасихӀие назру гьари нужее цӀакъго цӀикӀкӀараб къурбанлъун лъугьанилан. Гьедин батани, нужеего суал кье: «Дие МасихӀица щиб кьураб?» - абун. Нилъ хвасар гьаризе гӀоло Аллагьасул Васас кинабго кьуна: жиндирго икъбал, рахӀат-хӀалхьи, гӀумру. Гьес нилъее назру гьабуна Жиндир тӀолабго РакӀ, Жиндир тӀолабго рокьи. Гьединаб рокьиялъе мустахӀикъал гьечӀел гӀадамаз, нилъеца, Гьев нилъерго ракӀазулъе виччачӀогойищха телев? Щибаб лахӀзаталда нилъеца пайда босула гьесул баркат лъеялдаса ва цохӀо гьеб сабаблъун нилъеда бичӀчӀула жагьиллъиялъул кинаб кӀкӀалахъа къватӀире рахъаралали ва кинаб гӀазаб-гӀакъубаялдаса рорчӀаралали. Нилъ бегьилищ нилъер мунагьал сабаблъун Ворлъарасухъ балагьун, Гьесул рокьиялъулъги къурбаналъулъги гӀахьаллъичӀого рукӀине. ТӀадегӀанас Живгун нилъ рекъезари бихьун хадуб, нилъ бегьилищ гӀумруялде нилъер нух захӀматаб къеркьеялдалъун ва нилъго къабихӀ гьариялдалъун бугилан зигардизе.МЦ 34.1

    ГӀемерисел чӀухӀарал гӀадамаз гьикъула: «Щай нилъ рекӀекълъизе ва сабруялда чӀезе кколел? Унго, дун ракӀчӀун вукӀине бегьуларищ, гьедин гьабичӀониги, Аллагьас дун къабул гьавилилан». Нуж МасихӀихъ ралагье. Гьесда мунагь букӀинчӀо. ТӀадежоялъеги, Гьев вукӀана Зобалазул ПарччахӀ. Амма гӀадамазул тӀолабго наслу хвасар гьабизелъун, мунагьалъухъ Къурбанлъун лъугьана гьев. Гьес «Жиндирго рухӀ хвезе кьуна ва хъачагълъунги рикӀкӀана, гӀемеразул мунагь Гьес Жиндего тӀаде босараб ва такъсирчагӀазул шапагӀатчилъун лъугьараб мехалъ» (Ис. 53:12)МЦ 34.2

    МасихӀие кинабго кьолеб мехалъ, сундасаха нилъеца инкар гьабулеб? ГӀисаца Жиндирго Биялдалъун нилъ рацӀцӀад гьаризе, ва жинда релълъараб тӀокӀаб гьечӀеб Гьесул рокьиялдалъун нилъ хвасар гьаризе гӀоло, инкар гьабула мунагьалъул хъублъиялдаса. Амма цо-цо гӀадамазда кколеб буго кинабго рехун тезе кутакалда захӀмалъулилан. Гьединал пикрабаздасаги рагӀабаздасаги нилъ нечезе ккола.МЦ 34.3

    Аллагьас нилъедаса тӀалаб гьабулеб гьечӀо нилъее лъикӀаб жоялдаса нилъеца инкар гьабейилан. Гьес кидаго тӀубазабула Жиндирго лъималазул мурад. Жеги жидеца МасихӀ тӀаса вищичӀезда бичӀчӀизе ккола Аллагьас нилъее бихьизабулеб букӀин дунялалда нилъеца нилъеего балагьулеб бугелдаса гӀемерго лъикӀаб жо. Инсанас жиндиего цӀакъго кӀудияб зарал гьабулеб буго Аллагьасул амруялде данде чӀараб пикруги ишги гьабиялдалъун. Аллагьас гьукъараб нухдасан арав чи унго-унголъун талихӀав вукӀине рес гьечӀо. ЦохӀо Гьесда лъала нилъее щиб лъикӀаб бугебали, ва кинабго гьабула нилъее лъикӀлъиялъе. Мунагьалъул нух-гьеб буго гӀазаб-гӀакъубаялъул ва паналъиялъул нух.МЦ 34.4

    Жиндирго лъималазе бугеб гӀазаб-гӀакъубаялъухъ балагьун Аллагьас кеп босулин абун ракӀалде кколел гӀадамал мекъи руго. ТӀолалго зобалазул мурад буго инсан талихӀав вукӀин. Зобалазда Вугев Нилъер Инсуца инсан рохелалдаса махӀрум гьавуларо. Аллагьас нилъ ахӀулел руго хадубккун нилъее гӀазаб-гӀакъуба букӀунелдаса ва гьабичӀебанищан нилъеда ракӀалде кколелдаса, талихӀалде ва абадияб гӀумруялде нилъее нух къалебщиналдаса инкар гьабизе. ГӀалам Хвасар гьабурас гӀадамал къабул гьарула гьел ругеб хӀалалда: гьезул киналго гӀунгутӀабигун загӀиплъабигун ва камиллъи гьечӀолъигун. Гьес гьел мунагьаздаса рацӀцӀад гьарула, Жиндирго Биялдалъун гьел хвасар гьарула ва Жиндир «гьир» баччизе разилъаралщиназул рекӀел ругел балъгоял мурадалги тӀуразарула. Гьесие бокьун буго гӀумруялъул чадида хадур Жиндихъе рачӀарал киназего рекъел ва рекӀее хӀалхьи кьезе. Лазат-рахӀаталъул тӀогьире нилъ рачунел тӀадал ишал тӀуразаризейин ГӀисаца нилъ ахӀулел ругел. Гьесул амруялде данде чӀаразе гьеб хӀал киданиги насиблъизе гьечӀо. МасихӀ жиндир рекӀелъ вугев (чапарас абухъе Гьесул «мащгьурлъиялъулъ лъедолев вугев») чиясул гӀумруялъулъ гурони букӀине гьечӀо тӀубараб рохел.МЦ 35.1

    ГӀемераз гьикъула: «Дир гӀумру бачине кверщел Аллагьасухъе кин кьелеб?» - ан. Нужее гьедин гьабизе бокьун буго, амма нужелъ гьечӀо рухӀияб къуват, нуж лъугьун руго щакдарабазул лагъзаллъун, нуж ккун руго мунагьазул кверщаликье. Нужер рагӀи кьейги хӀукмабиги щущан унел руго, кагътил гьабураб рукъ гӀадин. Нужеда кӀолеб гьечӀо нужер пикрабазда, къасдазда, нафсалъул лазатазда тӀад кверщел гьабизе. ТӀубаларел рагӀабазги тӀадеросиязги нуж тӀамулел руго ракӀ-ракӀалъго гьабулеб бугодай нижеца гьабилан щакдаризе. Нужеда ракӀалде кколеб буго Аллагьас нуж къабул гьаруларин, амма хьул къотӀизе биччазе бегьуларо. БичӀчӀизе ккола унго-унгояб рухӀияб къуват щиб жояли. Инсанасул хасияталъулъ гьеб ккола цо ишалда хурхун хӀукму гьабизе гьев тӀамулеб къуват. Кинабго бараб буго гьеб къуват битӀун хӀалтӀиялда. Аллагьас инсанасе кьун буго тӀаса бищизе бажари. Гьелдаса пайда босизе ккола. Нужеда кӀвани нужерго къуват Гьесухъе кьезе, Гьес нужелъ «жиндиего бокьухъе лъугьинабизе буго бокьиги ишги». Гьеб мехалда нуж рукӀина тӀубанго МасихӀил РухӀалъул нухмалъиялда гъоркъ, нужер нияткъасдги Гьесулалде данде ккела.МЦ 35.2

    Беццараб буго мукъадасабщиналде ва лъикӀлъиялде бахъулеб хӀаракат. Амма цохӀо нужее бокьаралда гӀей гьабун чӀани, гьелдаса кинабгӀаги пайда букӀине гьечӀо. Христианаллъун рукӀине бокьаниги ва христианаллъун жалго рикӀкӀунел ругониги гӀемерисел гӀадамал паналъизе руго. Гьез жидерго къуват Аллагьасе мутӀигӀ гьабичӀолъиялъ ва гьеб тӀаса бищизе жакъаги гьезул таваккал гӀолеб гӀечӀолъиялъ.МЦ 36.1

    Нужеца битӀараб рахънибе ккезабун бачани, нужер гӀумру тӀубанго хисизе буго. МасихӀие мутӀигӀлъиялдалъун нужее щвезе буго Дуниялалда бищунго Къудратасул кверчӀвайги кумекги. Кидаго Аллагьасе нужго мутӀигӀ гьариялдалъун нужее рагьула къуваталъул къин гьечӀеб ицц ва нужеца чӀаголъи гьабизе буго цӀияб гӀумруялда - божи жиндилъ гьарзаяб гӀумруялда.МЦ 36.2

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents