Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    Нилъ МасихӀиллъун ругищ?

    МасихӀиде цолъарав чи ккола цӀидасан вижарав чи. Басрияб анахвана, гьале цӀияб тӀаде гӀунтӀана» (2 Кор,5:17).МЦ 42.1

    Цо-цо мехалда инсанасда кӀоларо жив МасихӀиде вуссараб заманги бакӀги мухӀканго рехсезе яги гьелда цебе букӀараб кинабго ахӀвал-хӀал ракӀалде щвезабизе. Жеги Гьесде вуссинчӀевлъун хутӀун вугин гьевилан абураб магӀна кколаро гьелъул. МасихӀица Никодимида абуна: «РухӀалъ хӀухьел пула» (цогидаб таржамаялда - «Гьури пула») жиндиего бокьараб рахъалде, дуда гьелъул гьаракь рагӀула, амма кисан бачӀунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухӀалдасан вижаравщинав чиги». (Ин,3:8),МЦ 42.2

    Илагьияб РухӀалъ инсанасул рекӀее гьабулеб асар гьорол карачелалда релълъуна. Нилъеда гьури бихьуларо, амма гьеб букӀин лъала. Инсанасул беразда бихьулареб, цӀидасан вижизавиялъул къуваталъ лъола цӀияб гӀумруялъе байбихьи. Гьелъ вижизавула Аллагьасул сипаталда цӀияв инсан. Илагьияб РухӀ сас тун ва нилъеда лъаларедухъ хӀалтӀула, амма гьелъул хӀасилал нилъеда рихьула. Илагьияб РухӀалдалъун инсанасул ракӀ цӀилъизабун бугони, чара гьечӀого гьеб гьесул гӀумруялъулъ загьирлъула. Нилъеда щибниги гьабизе кӀоларо нилъго хисизариялъе яги Аллагьасулгун рагӀи дандеккеялде рачӀиналъе, нилъеца гьелъие гӀоло нилъедего яги лъикӀал ишазде мугъчӀвай гьабизе бегьуларо, амма Аллагьасул цӀобалъ нилъелъ жиндирго иш гьабулеб бугони, гьеб бахчун хутӀуларо. Нилъер гӀамалхасияталъулъ, нилъ ругьунал жалазулъ ва ишазулъ къватӀире загьирал хиса-басиял лъугьуна. ГӀадамазда бихьула цебесеб ва цӀияб гӀумруялда гьоркьоб бугеб кӀудияб батӀалъи. Инсанасул хасият рагьула, тохлъукьего гьес гьарулел лъикӀал яги квешал ишаздалъун гурел, амма гьес бицунеб ва гьабулелъухъ, гьесул гӀумруялъул гӀаммаб нухлухъ балагьун.МЦ 42.3

    МасихӀидалъун цӀилъизарулеб къуваталдалъун гуребги лъикӀаб рахъалде буссараблъун бихьизе бегьула инсанасул хьвадачӀвади. Гьеб хӀакъаб жо буго. Сверухъ ругезе асар гьабизе ва киназго хӀурмат гьабизе бокьиялъ нилъ тӀамизе бегьула берцинго хьвада-чӀвадизе. Жиндирго къадру букӀине бокьиялъ цӀунула инсан квешлъиялдаса. Гьедин живго вокьулев инсанасда кӀола лъикӀал ишал гьаризе.МЦ 42.4

    Гьедин бугони, кинха нилъеда лъалеб нилъ лъикӀлъиялъулищ яги квешлъиялъул рахъалдайищ ругелали? Лъиде буссун бугеб нилъер ракӀ? Лъил кверщаликь ругел нилъер къасдал? Лъил бицине нилъее бокьулеб? Лъие сайгъатлъун лъугьун бугеб нилъер бищунго хӀеренаб асар, лъие кьолеб нилъеца нилъерго къуват? Нилъ МасихӀиллъун лъугьун ратани, нилъее сундасаго бокьила Гьесул пикру гьабизе. Нилъеца гьесие кьола нилъгоги нилъер бугебщинабги. Нилъее цӀакъ бокьула Гьесул сипаталда релълъине, Гьесул РухӀалъул цӀезе, Гьесул амру тӀубазабизе ва сундулъго Гьесие бокьухъе хьвадизе. МасихӀ ГӀисадалъун цӀияв чилъун лъугьаравщинас жиндирго гӀумруялъулъе росула РухӀалъул хӀасилал: «Рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикӀлъи, божизе бегьи, хӀалимлъи жиндаго кьелъ базе бажари» (Гал. 5:22, 23). Гьединал гӀадамал мутӀигӀлъуларо цересел пасалъабазе, амма Аллагьасул Васасда божиялдалъун гьел Гьесул тӀалабазда хадур уна, Гьесул гӀамалалда рекъон ва Гьев ГӀадин рацӀцӀадаллъун рукӀине жалго рацӀцӀалъизарула. Гьезул рекӀее къабуллъила, цебе рокьукъаблъун букӀарабги, рокьукъаблъун лъугьина цебе бокьулеб букӀарабги. ЧӀухӀарал ва жидедаго ракӀчӀарал гӀадамал лъугьина хӀереналлъун ва рекӀелъ сабру бугеллъун, рихха-хочарал ва гӀамал кӀудиял лъугьина гӀакъилаллъун ва гӀадатияллъун. Гьекъолдухъабаз гьекъел рехун тела, саяхъаз саяхълъи тела. Дунялалъул гӀадаталги тӀагӀам-лазатги рехун тела. Христианазул ракӀ тӀаде цӀаларо «ратӀлидалъун къачӀа-кӀатӀаялъ», амма «бищунго къиматаблъун ккола Аллагьасда цебе хӀеренаб ва недегьаб ракӀ» (1 Петр 3:3, 4).МЦ 43.1

    РекӀекълъи ракӀ-ракӀалъулаблъун рикӀкӀине бегьуларо, гьелдаса хадув инсан лъикӀаб рахъалдехун хисун гьечӀони. Жинца къарзалъе босун букӀараб жо мунагьчияс нахъбуссинабураб, бикъун букӀарабги нахъе кьураб, мунагьазулги бицараб, Аллагь ва аскӀор ругел рокьизеги байбихьараб заманалда гьев ракӀчӀун вукӀине бегьула жив хвелалдаса вахъун гӀумруялде вачӀун вукӀиналда.МЦ 43.2

    Нилъерго къосун ккеялги мунагьалги ричӀчӀун, нилъ МасихӀихъе рачӀараб ва Гьесул тӀасалъугьиналъулаб баркаталде гъорлъе лъугьараб мехалда, нилъер ракӀал рокьул цӀола. Кинаб бугониги бакӀлъи нилъее захӀмалъизе гьечӀо, МасихӀица нилъеда тӀад лъолеб гьир тӀадагьаб бугелъул. ТӀадал ишал рохеллъун лъугьина, ва нилъеца Аллагьасе ва гӀадамазе гьабулеб хъулухъ ракӀ разилъун гьабила. Цебе бецӀлъукь букӀараб нух, РацӀцӀалъиялъул Бакъул чӀораз гвангъила.МЦ 43.3

    МасихӀил хасияталъул берцинлъи бихьила Гьесда нахъ рилълъаразулъги. ГӀисаца вохуца холаго тӀубазабулаан Алагьасул амру: Гьес кинабго гьабуна Аллагьасде бугеб рокьиялдалъун ва Гьев машгьурлъизавизе бугеб хӀасратаб къасдалдалъун. Рокьиялъ Гьесул киналго ишазе кьолеб букӀана хасаб бахьи буголъи ва ракӀ тӀаде цӀалеб гьайбатлъи. Рокьи Аллагьасдасан бачӀуна. Аллагьасе сайгъат гьабичӀеб рекӀелъ гьеб бижизе рес гьечӀо. Гьеб букӀуна ГӀицӀго ГӀисаца ханлъи гьабулеб бакӀалда. «Нилъее Аллагь вокьула, тӀоцерего Гьесие нилъ рокьидал» (1 Ин. 4:19). Илагьияб цӀобалдалъун цӀилъизабураб рекӀелъ рокьи лъугьуна аслияб къуватлъун. Гьелъ хисизабула гӀамал-хасият, нухмалъи гьабула нилъер ниятазе, квелъ бала нафсалъул гьаваялда, тушманлъи къинабула ва къасдал лъикӀлъизарула. РекӀелъ бугеб гьеб рокьиялъ инсан талихӀавлъун лъугьинавула ва сверухъ ругезеги лъикӀаб асар гьабула.МЦ 44.1

    Аллагьасул лъимал ва хасго Гьесул цӀобалда божизе байбихьарал гӀадамал жидедаса хӀинкъизе, цӀунизе кколеб кӀиго жо буго. ТӀоцебесеб, тӀадехун рехсохъе, Аллагьасулгун рагӀи дандеккей нилъерго ишаздалъун лъугьунин ракӀалде ккей. Къанун цӀуниялдалъун рацӀцӀалъи щвезе хӀаракат бахъулел гӀадамазул ишал гьез жидецаго гӀададиселлъун ккезарула. МасихӀ гьоркьов гьечӀого инсанас гьабулебщинаб жо чороклъула гьесие живго вокьиялдалъун ва мунагьалдалъун. ГӀицӀго божиялдалъун щолеб МасихӀил цӀобалда кӀола нилъ рацӀцӀалъизаризе.МЦ 44.2

    Жеги цӀикӀкӀараб къосинлъун ккола, МасихӀида божиялдалъун нилъ Аллагьасул Къанун цӀуниялдаса хвасарлъулин ва, ГӀицӀго божиялдалъун МасихӀил цӀоб нилъеда лъедал, нилъ хвасарлъиялдехун нилъер ишазул щибниги гьоркьоблъи гьечӀилан ккей.МЦ 44.3

    Амма нужеца пикру буссинабе: мутӀигӀлъи - гьеб кколаро гӀицӀго тӀадал ишал тӀуразари, гьеб ккола рокьи рекӀелъ букӀиналдалъун гьабулеб хъулухъ. Аллагьасул Къануналъулъ загьирлъула Гьесул Илагьияб тӀабигӀат. Гьесулъ бессун буго рокьиялъул тӀадегӀанаб хасият-тӀабигӀат, гьединлъидал гьеб ккола, зобалаздаги ракьалдаги Илагьияб нухмалъиялъул кьучӀ. Аллагьасдехун релълъенлъи нилъелъ бугони, Илагьияб рокьиги нилъер рекӀелъ бугони, Аллагьасул Къанун нилъеца тӀубазабиларищ? Рокьиялъ инсанасул рекӀелъ ханлъи гьабун хадуб, жив вижарав Аллагьасул сипаталда рекъон гьев цӀилъизавун хадуб, гьев ккола ЦӀияб КъотӀиялъулъ кьураб рагӀи жиндие тӀубарав чилъун: «Дирго къанунал гьезул ракӀазулъе лъугьинарила ва гьезул пикрабазулъ хъвала Дица гьел (Евр. 10:16). Къанун рекӀелъ хъван бугони, гьелъ асар гьабиларищ гьев чиясул гӀумруялъе? Рокьудалъун бугеб мутӀигӀлъиги хъулухъ гьабиги ккола МасихӀилаллъун лъугьун рукӀин бицунеб, божизе бегьулеб гӀаламат. ТӀухьдузда буго «Аллагьасде рокьи кколелъулха гьесул амруял нилъеца тӀуразари»; «жинда Гьев лъалинги абулев, амма Гьесул амруял тӀуразаруларев чи гьерсихъан вуго, хӀакъабги гьечӀо гьесулъ» (1 Ин. 5:3; 2:4) Божиялъ инсан мутӀигӀлъиялдаса хвасар гьавуларо. Гьелъ нилъ цолъизарула МасихӀил цӀобалде, гьелъ нилъее кьола мутӀигӀлъиялъе къуват.МЦ 44.4

    Нилъер мутӀигӀлъиялдалъун хвасарлъизе нилъ мустахӀикъал гьечӀо. Аллагьас нилъее хвасарлъи чӀобого кьола, ва гьеб божиялдалъун къабул гьабула. МутӀигӀлъи ккола божиялъул хӀасил. «Нужеда лъала МасихӀ нилъер мунагьал чуризе гӀоло загьирлъаравлъи ва Гьесда мунагь гьечӀеблъиги. Гьесде цолъун вугевщинас мунагь гьабуларо, мунагь гьабулевщинасдаги гьев вихьунги лъанги гьечӀо» (1 Ин. 3:5,6). Гьедин хӀал бихьула нилъер божиялъул. Нилъ МасихӀилъ ругони, Аллагьасул рокьиги нилъелъ бугони, нилъер рекӀел асарал, пикраби, къасдал ва ишал рукӀине ккола Аллагьасул бихьизабиялда дандекколедухъ, гьебги рехсон буго Гьесул мукъадасаб къануналъулъ. «Лъицаниги нужго къосинаризе гурин, дир лъимал! МасихӀ ритӀухъав вугев гӀадин, ритӀухъав вукӀуна ритӀухъабщинаб гьабулевги» (1 Ин. 3:7). РитӀухълъиялъул роценлъун ккола Мукъадасаб Аллагьасул Къанун, гьеб гӀуцӀун буго Синаялда кьураб АнцӀго Амруялдасан.МЦ 45.1

    Аллагьасде мутӀигӀлъизе тӀадаб букӀиналдаса инсан хвасарлъизавулин абулеб куцалъ МасихӀида божи, гьеб божи гуро, жиндаго жиндирго ракӀчӀей буго. «Аллагьасул цӀобалдалъун божиялъ хвасарлъана нуж». Амма «ишал цадахъ гьечӀеб божи жибго жиндасанго хвараблъун лъугьуна» (Еф. 2:8; Иак. 2:17). Ракьалде вачӀинелдего, ГӀисаца Жиндирго хӀакъалъулъ абуна: «Я, Дир Аллагь, Дие бокьун буго Дур амру тӀубазабизе, ва Дур Къанунги дир рекӀелъ буго» (Пс. 39:9). Живго зобалазде восун инелде дагьалъ цеве Гьес лъазабуна: «Дирго Инсул амруял Дица тӀуразаридал, Гьесул рокьи Дидаса тӀолеб гьечӀо» (Ин. 15:10). ТӀухьдузда буго: «Нилъеда Аллагь лъалев вукӀин бихьула, нилъеца Гьесул амруял тӀуразарулел ругони...Гьесулъ жив цолъун вугилан абулев чи, Гьев хьвадарав гӀадин, хьвадизе ккола» (1 Ин. 2:3-6). «Нужее гӀоло МасихӀица гӀазаб-гӀакъубаги хӀехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, Гьесул нухдасан ине ккола нуж» (1 Петр 2:21)МЦ 45.2

    Абадияб гӀумру насиблъиялъе шартӀ хутӀун буго кидаго жиб букӀараб гӀадинаб, нилъер наслу жидедасан лъугьараз алжаналда мунагь гьабилелдего букӀаралда релълъараб - гьеб ккола Аллагьасул Къануналъе тӀубанго мутӀигӀлъи, камилаб ритӀухълъи. Гьелдаса гьитӀинаб цогидаб шартӀалда рекъон абадияб гӀумру кьезе бихьизабун бакӀарабани, гьелъ хӀинкъи кьелаан тӀолабго дуниялалъулго рахӀат-хӀалхьиялъе. Гьелъ рачинаан лъугӀи гьечӀеб балагь-гӀазабги гӀакъуба-къварилъиги жиндалъун нилъеда рещтӀунеб мунагь абадияблъун лъугьуналде.МЦ 46.1

    Жеги жинца мунагь гьабилелде Адамида кӀолаан Аллагьасул Къануналъе мутӀигӀлъиялдалъун жиндир гӀамалалъул ритӀухълъиялъул рахъалъ тӀадегӀанаб даражаялде вахине, ритӀухъаб хасият жиндилъго камиллъизабизе. Амма гьеб нухдасан инчӀо гьев. Гьесул мунагь сабаблъун нилъее ирсалъе щвана къабихӀаб, мунагьаб хасият, ва нилъеда кӀоларо нилъго ритӀухъаллъун лъугьинаризе. Нилъелъ гьечӀо Аллагьасул Къануналъул тӀалабал тӀуразаризе кӀолеб нилъерго ритӀухълъи. Амма МасихӀица нилъее рагьана хвасарлъиялде нух. Ракьалда Гьев нилъеда цадахъ вукӀана нилъее гӀадинаб гӀакъубаялда ва къварилъиялда, амма Гьесул гӀумру букӀана мунагь гьечӀеб. Гьев хвана нилъее гӀоло, Гьесие жакъа бокьун буго нилъ мунагьаздаса хвасар гьаризе ва Жиндирго ритӀухълъи нилъееги кьезе. Нужеца нужго Гьесие кьолел ругел ратани, ва нуж Хвасар Гьарулев чилъун нужеца Гьев къабул гьавулев вугев ватани, нужер киналго мунагьазухъ балагьичӀого, Гьесул гьунарал сабаблъун ритӀухъаллъун рикӀкӀуна ва МасихӀил хасиятги нужее щола. Аллагьас нуж къабул гьарула нужеца киданиги мунагь гьабичӀеб гӀадин.МЦ 46.2

    Гьелде тӀадеги, МасихӀица ракӀ хисизабула; нуж Гьесда божидал Гьев нужер рекӀелъе лъугьуна. Нужее чара гьечӀого хӀажалъула божиялдалъун МасихӀилгун бухьен кквезе ва тӀубанго Гьесул кверщаликье ине. Гьеб хӀалалда нуж ругони, Гьес нужелъ лъола «Жиндирго лъикӀаб къасдалдалъун бокьиги ишги». Гьединлъидал нужеца абизе бегьула: «ГьабсагӀат дир бугеб гӀумру - гьеб буго Аллагьасул Васасда божиялдалъун щвараб гӀумру. Гьесие дун вокьана ва Жиндирго гӀумруги Гьесдие гӀоло кьуна» (Гал. 2:20). Жиндирго чапарзабазда ГӀисаца абуна: «Нуж гуро кӀалъазе ругел, нужер рекӀелъе нужер Инсудасан рещтӀараб РухӀин кӀалъазе бугеб» (Мф.10:20). Гьеб мехалда нужелъ вугев МасихӀидалъун нужехъаги бажаризе буго гьеб РухӀалда рекъон лъикӀал ишал-ритӀухълъиялъул ва мутӀигӀлъиялъул ишал гьаризе.МЦ 46.3

    Гьедин, нилъелъ гьечӀо щибниги нилъго чӀухӀизе мустахӀикъаб жо. Нилъго тӀадегӀанлъизариялъеги кигӀан гьитӀинабги аслу-кьучӀ гьечӀо. ЦохӀого-цо хьул лъезе жо - нилъелъ лъураб МасихӀил ритӀухълъи ва Гьесул РухӀалъул хӀалкӀвеялдалъун нилъелъ ва нилъедасан бугеб ритӀухълъи. Божиялъул бицунаго, чара гьечӀого лъазе ккола, дагӀба базе бакӀ гьечӀел хӀужаби къабул гьари жеги унго-унгояб божи кколареблъи. Къудратав Аллагь вукӀин, Гьесул рагӀи ритӀухъаб букӀин - гьел ккола илбисалда ва гьелъул боялдагицин кӀвар кьун гьереси гьаризе кӀоларел ва дагӀба базе бажаруларел хӀужаби. Библиялда буго: «Жундулги божулагури, хӀинкъун сородулаго» (Иак. 2:19). Гьеб гуро доб нилъедасан Аллагьас тӀалаб гьабулеб божи. ХӀакъаб божиялъ жибго загьир гьабула рокьиялъул ишазулъ ва гьелъ ракӀги бацӀцӀалъизабула - гьеб кколаро гӀицго Аллагьасул РагӀи къабул гьаби, гьеб ккола Гьелъухъе жиндирго кверщел кьей, Гьелъие мутӀигӀлъараб ва Гьелдехун бухьараб рекӀел тӀолабго мукӀурлъиги мутӀигӀлъиги. Гьединаб божиялъ инсан цӀилъизавула ва гьесулъ Аллагьасул сипат цӀидасан лъугьинабиялде рачуна. Гьелде щвезегӀан инсан Аллагьасул Къануналъе мутӀигӀлъулароан, мутӀигӀлъизе гьесухъа бажаризеги букӀинчӀо. Гьанжейин абуни гьев вохизавун вуго мукъадасал амруяз, ва туркаби ахӀулесда цадахъ гьесги ахӀула. «Вай, Дур къанун дие бокьулеб куц! ТӀубараб къоялъ гьелъул пикрабазда вукӀуна» (Пс. 118:97). Гьанже къануналъул ритӀухъал тӀалабал нилъеца тӀуразарула, «напсалъе бокьухъе гуребха, рухӀалъ малъухъе» (Рим. 8:1)МЦ 47.1

    Руго МасихӀил сундасаго тӀаса лъугьунеб рокьи бичӀчӀарал ва Аллагьасул васлъун яги яслъун лъугьине ракӀ-ракӀалъго бокьарал гӀадамал. Амма гьезда бихьула жал камилъун гьечӀеллъи, жидер гӀунгутӀаби рукӀин ва гьединлъидал щакдаризе лъугьуна Илагьияб РухӀалъ жидер ракӀал цӀилъизарун ругодайилан. Гьединазда абизе бокьун буго: «Хьул къотӀун рукӀунге», - ян. Нилъ жеги чанги нухалъ накабазда чӀезе ккела МасихӀил хӀатӀазда цере ва гӀодизе ккела нилъерго гӀунгутӀабазулги гъалатӀазулги бицун. Амма нилъеца нилъерго рухӀ загӀиплъизе биччазе бегьуларо. ХӀатта тушман бергьаниги, Аллагьас нилъ рехун тун гьечӀо, нилъедехун Гьес мугъ рехун гьечӀо. МасихӀ ТӀадегӀанасда цеве чӀун вуго нилъер рахъ ккун кӀалъазе. МасихӀие вокьулев чапар Иоанница абуна: «Гьаб дица нужехъе хъвалеб буго, нужеца мунагьал гьаричӀого рукӀине. Цо лъицаниги мунагь гьабуни, нилъер вуго гьесул рахъалъ Инсул судалда кӀалъазе ритӀухъав ГӀиса МасихӀ» (1 Ин. 2:1). КӀочонге МасихӀил рагӀабиги: «Живго Инсуеги нуж рокьула» (Ин. 16:27). Гьесие бокьун буго Жиндирго сипат цӀидасан нужелъ лъезе, нужелъ Гьесул рацӀцӀалъиги ритӀухълъиги загьирлъизе гӀоло. ГӀицӀго Гьесие нуж мутӀигӀлъани, нужелъ лъикӀаб иш Байбихьарас гьеб гьабизе буго ГӀиса МасихӀ вачӀунеб къо тӀаде щвезегӀан. ТӀадчӀун какал рай, божи щулалъизабе! Нилъерго къуваталдаса хьул къотӀун, нилъ божилин, нилъ Ричун росарасул къуваталда ва Гьесие рецц гьабилин. Гьев вугелъулха нилъер рухӀал Сахлъизарулев Чи.МЦ 47.2

    МасихӀиде нуж цӀикӀкӀун гӀагарлъанагӀан, цӀикӀкӀун рихьила нужерго хасияталъулъ ругел гӀунгутӀаби, нужелъ рухӀияб канлъи цикӀкӀине бугелъул. Гьесул камиллъиялде дандеккураб мехалда, нужер загӀиплъи цӀакъго цебе рехун бихьула. Гьелъ бицуна илбисалъул хӀилла-макруялъ нужеда тӀад гьабун букӀараб кверщел лъугӀун букӀиналъул, Илагьияб РухӀалъул чӀаголъизариялъулаб асаралъ нуж макьидаса ригьинарулел рукӀиналъул.МЦ 48.1

    Жинда тӀад мунагьал рукӀиналъе мукӀурлъуларев чиясул рекӀелъ МасихӀиде кӀудияб рокьи букӀине рес гьечӀо. МасихӀил цӀобалдалъун цӀилъараб ракӀ кидаго хӀикмалъизе, чӀухӀизе буго Гьесул Илагьияб хасияталъухъ балагьун. Нилъеда нилъерго хасияталъул гӀунгутӀи бихьулеб гьечӀони, щибго шаклъи гьечӀого, гьелъ нугӀлъи гьабула МасихӀил хасияталъул берцинлъиги камиллъиги нилъеда жеги лъалеб гьечӀолъиялъе.МЦ 48.2

    ЧӀухӀиги гӀамалкӀодолъиги нилъелъго дагьлъизабизе хӀаракат бахъанагӀан, цӀикӀкӀун къиматаблъун лъугьуна нилъее нилъ Хвасар гьарулесул бицун халкӀолареб рацӀцӀалъиги тӀаде ракӀцӀалеб гьайбатлъиги. Нилъеца мунагьал гьарулел рукӀин бичӀчӀиялъ тӀамула нилъ Гьесухъе, кидаго тӀаса Лъугьунесухъе ине. Жиндирго загӀиплъи загьирлъараб мехалъ валагьула нилъер рухӀалъ МасихӀ. РухӀалъе Гьевги загьирлъула Жиндирго къудраталда. Гьевги Аллагьасул РагӀиги нилъее хӀажат рукӀин цӀикӀкӀун бичӀчӀанагӀан, цӀикӀкӀараб бичӀчӀи щола нилъее Гьесул хасияталъул хӀакъалъулъ ва нилъелъ тӀубанго загьирлъула Гьесул сипат.МЦ 48.3

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents