Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    Аллагь лъай

    ГӀемерго батӀи-батӀиял нухал руго Жив нилъее загьирлъиялъе ва Жиндехунго нилъер гьоркъоблъи лъугьинабиялъе Аллагьас хӀалтӀизарулел. ТӀабигӀаталъ гьоркьоса къотӀичӀого асар гьабула нилъер ботӀроеги(гӀакълулъай) рекӀееги. Гьесул ишазулъ загьирлъулеб Илагьияб рокьиялъги Маш-гьурлъиялъги цакъго цӀикӀкӀараб асар гьабула рагьараб ракӀалъул инсанасе. ТӀабигӀаталъул балъгояб гӀумруялъухъ лъикӀго гӀенеккидал, гьесда бичӀчӀула Жиндица бижаралдалъун щиб малъизе Аллагьасе бокьун бугебали. ГӀурччинаб мегъалъ, чӀахӀиял гъутӀбуз, гъутӀбузул гӀаркьалабазда ругел гӀукӀдуз ва тӀугьдуз нилъ ахӀула Аллагь лъаялде; роржунел накӀкӀаз ва зобалазул гьайбатлъиялъ нилъеда бицуна Гьесул хӀакъалъулъ, цӀцӀадул къатӀрабаз ва иххазул-лъаразул чилчилиялъ нилъер пикру буссинабула гьел Рижарасде.МЦ 62.1

    Нилъ Хвасар гьарурас Жиндир цӀакъго къиматаб хӀакъабщинаб нилъеда бичӀчӀизабуна тӀабигӀаталъул лъугьа-бахъиназдалъун ва суратаздалъун. ГъутӀби, хӀанчӀи, гӀурдада тӀугьдул, гохӀал, хӀорал, зодил гьумер, гьединго гӀумруялъул щибаб къойил лъугьа-бахъинал, жура-гъуран ва щулияб хурхен рухьеналда руго хӀакъабщиналъул бицунел рагӀабигун ва инсанасул захӀматаб гӀумруялъул тӀалабгун.МЦ 62.2

    Аллагьасе бокьун буго Жиндир лъималазда Жив ракӀалда вукӀине ва гьезие дунялалъул рукъ Жинца берцинлъизабураб тӀабигӀаталъул ракълилаб, парахатаб гьайбатлъиялдаса гьез лазат босизе. Аллагьасе бокьула гьаб дунялалда бугеб тӀолабго гьайбатабщинаб, амма тӀасан бихьулеб берцинлъиялдаса Гьесие тӀадегӀанаб буго гӀамал-хасияталъул берцинлъи. Гьесие бокьун буго тӀугьдузулъ бугеб ва нилъер ракӀ тӀаде цӀалеб бацӀцӀалъиги гӀадатлъиги нилъеца нилъеего камиллъизабизе.МЦ 62.3

    Дунялалда Аллагьас бижарабщиналъул нилъеца хал-шал гьабулеб бугони, нилъ сверухъ бугебщиналъухъ кӀваркьун гӀенеккулел ругони, нилъеца къабул гьарула гӀенеккиялъулги божилъиялъулги дарсал. Нилъеда рихьуларел амма гьезие рихьизарурал нухаздасан хьвадулел цӀакъго чӀахӀиял цӀвабзазаздаса байбихьун атомалъул цӀакъго гӀисинал заррабазде щвезегӀан, - тӀабигӀаталда бугебщинаб, Гьеб Бижарасул амруялъе мутӀигӀлъула. Аллагьас тӀалаб гьабула Жинца бижарабщиналъул ва гьезие хӀажатабщинабги чӀезабула. РагӀал-ракьан гьечӀеб дунялалъул рикӀкӀун хӀал кӀолареб гӀаламалъе нухмалъи Гьабулес, гьебго заманалда тӀалаб-агъаз гьабула, сундулниги ургъел-пикру гьечӀого, жиндирго чӀив-чӀив бачун, кечӀ ахӀулеб бугеб гьитӀихӀинаб хӀанчӀилги. Нилъер Зобалазул Инсуца хӀасратго тӀалаб гьабула нилъ киназулго. Гьесда рихьула нилъ хӀалтӀуде унел, рагӀула нилъеца Гьесде гьари-дугӀа гьабулеб. Гьесул бер нилъеда тӀад букӀуна нилъ кьижараб мехалъги макьидаса ригьараб мехалъги. Гьесда лъала жиндирго кӀалгӀаялъув бечедав чи квана-гьекъолев вугеб заманги, жиндирго хъизан-лъималги данде ракӀарун, мукъсанабго кванда нахъа гӀодов чӀун мискӀинчи вугеб заманги. Аллагьасда лъала бадиса тӀинкӀараб щибаб магӀил гороялъул хӀакъалъулъ ва цониги гьимиги хутӀуларо Гьесда бихьичӀого.МЦ 62.4

    Гьеб кинабго нилъеда лъикӀго бичӀчӀун бугони, нилъер ракӀазулъа уна щибго гӀилла гьечӀеб рахӀатхей ва гӀададисеб хӀинкъи. ГӀумруялда жанир нилъее рукӀинароан гӀемерал ракӀбухӀиял ва гьез жакъа нилъее гьабулеб бугеб гӀемерго цӀикӀкӀараб гӀакъуба-къварилъи. Щайгурелъул, кинабго - кӀудиябги гьитӀинабги, нилъеца кьелаан Аллагьасда кодобе. Гьесие я захӀмалъуларо, я бакӀлъуларо кигӀанго цӀикӀкӀараб ва гӀемераб букӀаниги тӀалаб-агъаз.МЦ 63.1

    Дунялалъул берцинлъиялдаса хӀайранлъун, нужеца пикру гьабе хадуб щвезе бугеб, пашманлъиги, мунагьги, хвелги жинда жаниб букӀунареб дунялалъул, гьениб тӀабигӀаталъулъ букӀине гьечӀо нагӀанаялъул ва квещлъиялъул рагӀадгицин. Нужеца цебе чӀезабе хвасарлъаразул ватӀан ва нужеда лъан букӀа, кигӀан цӀикӀкӀараб гьунаралдалъунги таваккалалдалъунги нужеца цебе чӀезабуралдаса гьеб гӀемерго гьайбатаб букӀунеблъи. Аллагьас тӀабигӀаталда кьурал киналго батӀи-батӀиял сайгъатал ккола Гьесул машгьурлъиялъул загӀипабго рагӀадлъун. Хъван буго: «Лъилниги бералда бихьичӀебги, лъилниги гӀиналда рагӀичӀебги, лъилниги гӀакъу нахъгӀунтӀичӀебги къачӀан буго Аллагьас Жив вокьулезе» (1 Кор.2:9).МЦ 63.2

    ШагӀирзабазда ва гӀалимзабазда гӀемераб жо абизе кӀола тӀабигӀаталъул хӀакъалъулъ, амма гӀицӀго христианасда бихьула гӀадамаздехун Аллагьасул бугеб гӀемерго гьарзаяб рокьи ва бичӀчӀула мугӀрулги, кӀкӀалалги, гӀоралги, ралъадалги - гьеб тӀолабго бижун букӀин инсанасе лъикӀлъиялъе. Гьеб кинабго Зобалазул Инсуца бижараб бугин абулев чиясда кӀола унгоунголъун тӀабигӀаталъул берцинлъиялдаса лазат босизе ва бищунго тӀадегӀанаб къагӀидаялъ гьелъие къимат кьезе.МЦ 63.3

    Аллагьас нилъедехун хитӀаб гьабула Живго гьоркьове лъугьун ва Жиндир РухӀалдалъун нилъер рекӀее асар гьабиялдалъун. Нилъер щибаб къойилаб гӀумруялда жаниб нилъеда дандчӀвалебщинаб, нилъеда сверухъ щибаб къоялъ кколел хисабасиял нилъее дарсаллъун лъугьуна, гьеб кинабго бичӀчӀулеб хӀалалда нилъ ругони. Аллагьас нилъер гьабулеб бугеб хӀикматаб тӀалаб-агъазалъул бицунаго, туркаби ахӀулес абулеб буго: «БетӀергьан, Дур гурхӀелалъул цӀун буго тӀолабго ракь» (Пс.32:5). «ГӀакъиласда гьеб бихьила, БетӀергьанасул гурхӀелги бичӀчӀила» (Пс.106:43).МЦ 64.1

    Аллагьас гьединго нилъедехун хитӀаб гьабула Жиндирго РагӀудалъунги. Библиялда гӀемер мухӀканго ва гъваридго рагьун буго Гьесул гӀамал-хасият, хвасар гьариялъул ва гӀадамазулгун бухьен гьабиялъул цӀакъго кӀудияб иш. Гьелъ нилъеда бицуна нилъер диниял умумузул, аварагзабазул ва цогидалги некӀсиял гӀадамазул хӀакъалъулъ. Гьел рукӀана нилъеда релълъарал гӀадамал (х.гь. Иак. 5:17). Нилъго гӀадин, гьелги тату хун лъугьунаан, ракӀбуссиналде данде къеркьолаан; нилъго гӀадин гьелги къварилъахъдун лъугьунаан ва цӀидасан аваданлъулаан ва Аллагьасул цӀобалъул къуваталдалъун бергьунаан. Гьезул хӀакъалъулъ цӀалулаго, ритӀухълъиялде рачунеб хӀаракаталъулъ нилъер рекӀелъе къвакӀи лъугьуна. Гьез хӀехьезе ккарал хӀикматал хӀалбихьиязул хӀакъалъулъ нилъеда лъараб мехалъ, нилъеда бихьула кинаб нуралдаса, кинаб рокьиялдаса, кинаб баркаталдаса гьез пайда босулеб букӀарабали, гьезие сайгъатлъун щвараб цӀобалдалъун кинал ишал гьез гьарулел рукӀаралали. Гьезие таваккал кьолеб букӀараб РухӀалъ нилъер рекӀелъги рекӀуна мукъадасаб рохалил цӀа, бижула гӀамал-хасияталъул рахъалъ гьезда релълъине ва гьелго гӀадин Аллагьасул нухдасан хьвадизе гъира.МЦ 64.2

    НекӀсияб КъотӀиялъул ТӀухьдузул хӀакъалъулъ ГӀисаца абуна «гьез Жиндие нугӀлъи гьабулеб бугилан» (Ин.5:39). Ва гьеб цӀакъго лъикӀ дандеккола цӀияб къотӀиялда рехсон бугелдаги. Гьез нугӀлъи гьабун бугелъулха абадияб гӀумру щвеялде нилъер тӀолабго хьул жиндилъ бугев Хвасар гьарулесул хӀакъалъулъ.МЦ 64.3

    ХӀакъикъаталдаги, тӀолабго Библиялъ МасихӀил хӀакъалъулъ бицунеб буго. Дунял бижиялъул хӀакъалъулъ тӀоцебе бициналдаса байбихьун, - «бижарабщиналъул щибниги бижичӀелъулха Гьев гьечӀого», - «Гьале кватичӀого тӀаде щолев вуго!» - ян ахирисеб рагӀи кьезегӀан, нилъеца цӀалула Гьесул хӀакъалъулъ, нилъеда рагӀула Гьесул гьаракь (Ин. 1:3; Откр. 22:12). Хвасар Гьарулесул хӀакъалъулъ цӀикӀкӀун лъазе бокьани, нилъеца цӀех-рех гьабизе ккола Хириял ТӀухьдузул.МЦ 64.4

    Риччанте Аллагьасул рагӀаби нилъер рекӀелъе лъугьине. Гьеб буго къечалъ вухӀулесул къеч буссинабулеб чӀагояб лъим, кигӀан кутакабги къеч жиндица буссинабулеб. Гьеб буго зобалаздасан бачӀараб чӀаголъиялъул чед. ГӀисаца абулеб буго: «ГӀадамил Лъимадул Черхги квинчӀони, Гьесул Биги гьекъечӀони, нужее гӀумру букӀине гьечӀо», - ян. Гьел рагӀабазул магӀна Гьес цинги гьадин бичӀчӀизабулеб буго: «Дир рагӀабазулъан бачӀуна нужехъе рухӀги чӀаголъиги» (Ин. 6:53, 63). Ракьалъ кьолел нигӀматал кванан, нилъер черх къвакӀула. ТӀабигӀияб дунялалда лъугьунебщинаб лъугьуна рухӀияб дунялалдаги. Нилъеца жиндир хӀакъалъулъ нилъеца пикру гьабулеб бугеб жоялъ нилъер гӀамал-хасияталъе къвакӀиги рухӀияб тӀабигӀаталъе къуватги кьола.МЦ 65.1

    РецӀел кьун ричун роси, - гьеб буго малаикзабазецин жиндир магӀна бичӀчӀизе бокьараб балъголъи. РецӀел кьун ричун росараз гьеб лъазабизе ва гьелъул хӀакъалъулъ ахӀизе буго абадул абадиялъго. Гьале гьанжегицин гьеб мустахӀикъаб гьечӀищ гъваридаб ва мухӀканаб цӀех-рех гьабиялъе? ГӀисал жиндие гӀорхъи гьечӀеб гурхӀелги рокьиги, нилъее гӀоло гьабураб къурбанги мустахӀикъал руго жидер хӀакъалъулъ нилъ тӀадчӀун ва лъикӀаб къасдгун ургъизе. Нилъеца нилъерго пикру буссинабизе ккола нилъее хирияв, РецӀел кьун нилъ ричун Росарасде ва нилъер ШапагӀатчиясде, гъваридго ургъизе ва бичӀчӀизе ккола Гьес тӀубазабураб ишалъул мурад - «Жиндирго гӀадамал гьезул мунагьаздаса» хвасар гьари. Нилъеца нилъерго заман кьуни зобалазул хӀакъикъаталда тӀад ургъиялъе, нилъер божиги рокьиги щулалъула; нилъер гьари-дугӀа Аллагьасе цӀикӀкӀун къабулаблъун лъугьуна, щайгурелъул гьеб букӀина хӀайранаблъунги хӀасратаблъунги, божиялъул ва рокьиялъул жеги цӀикӀкун цӀураблъунги. МасихӀидалъун нилъее кӀудияб ракӀчӀей насиблъула, нилъеда щибаб къоялъ бихьила Гьесдасан Инсухъе рачӀунелщинал хвасар гьарулеб Гьесул къуват.МЦ 65.2

    Хвасар гьарулесул камиллъиялда тӀад ургъулаго, нилъелъ цӀакъго цӀикӀкӀараб гъира-шавкъ бижула нилъго цӀилъизе ва сундулъго Гьесда релълъараллъун рукӀине. РакӀ хӀасратлъула нилъ ХӀайранлъизарурасда нахъ рилълъине. МасихӀил хӀакъалъулъ нилъеца цӀикӀкӀун бицанагӀан, гьедигӀан цӀикӀкӀуна Гьесул хӀакъалъулъ гӀаламалда бицине бахъулеб хӀаракат.МЦ 65.3

    Библия гӀицӀго гӀалимзабазе хъван гьечӀо, гьелъул гӀаксалда, гьеб хъван буго гӀадатиял гӀадамаз цӀализе. РоцӀцӀараб къогӀанги якъинаб буго хвасарлъиялъе хӀажалъулеб тӀадегӀанаб хӀакъикъат. Рагьун нилъее якъинаблъун лъугьинабураб Аллагьасул амруялдаса нилъерго пикру тӀадегӀанаблъун гьабичӀони, лъилниги гъалатӀ кколаро ва щивниги битӀараб нухдаса таруларо.МЦ 66.1

    Хириял ТӀухьдуз щиб малъулеб бугебали лъазе ккани, цогидазул нугӀлъиялда гӀей гьабичӀого, нилъецаго цӀех-рех гьабизе ккола Аллагьасул рагӀиялъул. Нилъее гӀоло ургъизе, пикру гьабизе нилъеца цогидал тӀамуни, нилъер рухӀияб къуват загӀиплъула, гӀунула. Нилъ махӀрумлъула Аллагьасул РагӀиялъулъ бугеб хӀакъабщиналъул тӀолабго гъварилъи бичӀчӀизе бажариялдаса. Гьелъул гӀаксалда, нилъер цӀодорлъи цӀикӀкӀуна, Библиялъул хӀикматаб берцинлъиги къиматги нилъее загьирлъула, Библиялъ бицунебщиналъул цоцадехун бугеб хурхен-бухьеналъул нилъеца, цо бутӀа цогидабгун дандеккун, гъваридаб цӀех-рех гьабуни. Хириял ТӀухьдул лъазариялъ гӀадин, гьелда жаниб бугеб пайдаяб хӀакъикъаталъ гӀадин, сунцаниги цӀикӀкӀинабуларо цӀодорлъигӀакъиллъи. БукӀине кколеб къагӀидаялъ Аллагьасул РагӀиялъул цӀех-рех гьабулебани, гӀадамазул гӀакълуги камиллъилаан, гӀамал-хасиятги лъикӀлъилаан, мурадалде щвеялъулъ къвакӀиги цӀикӀкӀинаан, ай нилъер заманалда нилъее гьадин камун бугеб гьеб кинабго щвелаан.МЦ 66.2

    ТӀаса-масаго ТӀухьдул цӀалиялъул пайда дагьаб гурони букӀунаро. Авалалдаса ахиралде щвезегӀан Библия цӀаланиги гьелъул тӀолабго берцинлъи бихьичӀого хутӀизе, гьелъул балъгояб магӀна бичӀчӀичӀого хутӀизе бегьула. ТӀухьдузул гӀемерал бутӀрул, цо хасаб мурад цебе лъечӀого ва гьездасан нилъер гӀумруялъе кӀвар бугел дарсал щоларедухъ, тӀаса-масаго цӀалиялдаса, гӀемерго лъикӀаб буго цо бакӀ, гьелъул магӀнаги мурадги якъинлъуледухъ ва хвасарлъиялъул илагьияб пикру бичӀчӀуледухъ лъазаби. Биччанте нужер Библия кидаго нужгун букӀине! СанагӀалъи кканщинахъе цӀале гьеб ва цӀалараб ракӀалда чӀезабизе хӀаракат бахъе. ХӀатта, къотӀносан унагоцин нужеда кӀола гьелъул цо кесек цӀализе, гьелъул магӀнаялда тӀад ургъизе ва гьединаб къагӀидаялъ гьеб ракӀалда чӀезабизе.МЦ 66.3

    Библиялъул гъваридаб цӀех-рех гьабун гурони, гьари-дугӀагун гьеб лъазабун хадуб гурони, нилъеда бичӀчӀуларо гьелъул хӀакъикъияб гӀакъиллъи. Хирияб ТӀехьалъул цо-цо бутӀаби якъинго хъван руго, гьел ричӀчӀичӀого кинго хутӀулареб хӀалалъ. Амма цогидал бакӀазул магӀна цебе рехун бихьуларо, ва цо нухалъ цӀаларабго гьел ричӀчӀуларо. Гьединлъидал цо бутӀа цогидабгун дандекквезе ккола. ТӀадчӀун цӀех-рех гьабиялдалъун ва гьаридугӀагун пикру гьабиялдалъун нужее шапакъат гьарзалъила. Майдан бухъулев чиясда ракьул гъаталда гъоркь къиматаб мах бугеб бакӀ батулеб гӀадин, Аллагьасул РагӀиялъул тӀадчӀун цӀехрех гьабулесда батула Библия тӀаса-масаго цӀаларасе щолареб хӀакъабщиналъул кӀудияб хазина. Нилъеда магӀна бичӀчӀани ва рекӀелъе риччани, гьел хӀасратал рагӀаби релълъуна абадияб гӀумруялъул Иццухъан чвахулел иххазда.МЦ 66.4

    Гьари-дугӀа гьечӀого, Библия киданиги лъазабизе бегьуларо. Гьеб рагьилелде, нилъеца гьаризе ккола нилъелъе Илагьияб РухӀ лъугьинабейилан, гьеб мехалда нилъеда гьеб бичӀчӀула. Нафанаил ГӀисахъе вачӀараб мехалда, Хвасар Гьарулес абуна: «Гьав вуго дов унго-унгояв жугьутӀав, жинца киданиги хӀилларекӀкӀ гьабуларев», - ан. Нафанаилица ГӀисада цӀехана: «Кин Дуда дун лъалев» - ан. ГӀисаца жаваб кьуна: «Филиппица мун витӀилалдего, инжиралъул гъотӀокь гӀодов чӀун вихьана дида мун», - абун (ИН. 1:47, 48). ХӀакъабщинаб щиб жояли лъазе рекӀелъе кантӀи лъугьинабейилан нилъеца гӀадан-чи гьечӀеб бакӀалда дугӀа гьабулеб бугони, жакъаги рихьула ГӀисада нилъ. Нуралъул дунялалдаса малаикзаби ритӀула рекӀелъ мукӀурлъигун Илагьияб нухмалъи жидеего балагьулел ругезухъе.МЦ 67.1

    Илагьияб РухӀалъ тӀадегӀанлъизавула ва машгьурлъизавула Хвасар Гьарулев. Гьелъул иш ккола МасихӀги, Гьесул ритӀухълъиялъул рацӀцӀалъиги, Гьес инсанияталъе бачӀунеб хвасарлъиялъул кӀодолъиги нилъее загьир гьаби. ГӀисаца абулеб буго: «Дихъ бугебаб, Дихъаги босун, нужее загьир гьабила Гьелъ», - ан. ГӀицӀго Илагьияб РухӀалда кӀола Аллагьасдасан бачӀунеб хӀакъабщинаб нилъеда малъизе. Жиндирго цохӀо вугев Вас нилъее гӀоло хвезе кьурав ва нилъеда кинабго малъизе ва нухда рачине Жиндирго Илагьияб РухӀ битӀарав Аллагьасе кигӀан цӀакъ бокьизе кколеб инсанасул наслу!МЦ 67.2

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents