Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    Щакдарабазда щиб гьабилеб

    Христианазул гӀумруялъул нухде гьанжего-гьанже лъугьаразул гӀемерисезе щакдарабаз гӀазаб кьола. Библиялда гӀемераб жо буго гьезда бичӀчӀизеги бичӀчӀизабизеги кӀолареб, илбисалъин абуни, гьелдаса пайдаги босун, хӀаракат бахъула Хириял ТӀухьуздехун гьезул божи загӀиплъизабизе. Гьединав чияс гьикъула: «БитӀараб нухде дун кин кколев? ХӀакълъунго Библия батани аллагьасул РагӀи, кин дун хвасарлъулев дирго щакдарабаздаса ва дун хӀинкъизавулел пикрабаздаса?», - ян.МЦ 78.1

    Нилъер божи ритӀухълъулел мухӀканал далилал гӀунги тӀокӀ нилъее кьун гьечӀелани, Аллагьас нилъеда киданиги гьарилароан Жинда божайилан. Гьев вукӀиналъул, Гьесул хасияталъул, Гьесул РагӀи хӀакъаб букӀиналъул аслу-кьучӀлъун ккола нилъер гӀакълу хадуб гӀунтӀуледухъ гьелъие нугӀлъи гьабулелщинал жал. Гьел цӀакъго гӀемер руго. Амма Аллагьас нахъ чӀваларо щакдаризе бегьиги. Нилъер божиялъул кьучӀлъун лъугьине ккола далилал, гьелги рукӀине кколаро цӀакъго ва хасго цере рехун рихьулеллъун. Щакдарабазда хадур унезда кидаго батула гьезие гӀила, амма унго-унголъун хӀакъабщиналда божизе бокьарасда гӀунги тӀокӀ ратула жидер божиялъе аслу-кьучӀлъун лъугьунел далилал.МЦ 78.2

    Нилъер загӀипаб гӀакълуялда кӀоларо ахир гьечӀев Аллагьасул хасиятги ишалги тӀубанго ричӀчӀизе. Бищун гӀакълу хадуб гӀунтӀулев ва лъай бугев чиясецин гьеб Мукъадасаб ХӀакъикъат хутӀула кинго рагьизе кӀолареб балъголъилъун. «Дуда кӀолищ цӀехрехаздалъун Аллагь ватизе? Дуда кӀолищ Кинабщинабго Жинца ккун Бугевав тӀубанго вичӀчӀизе. Гьев зобалаздасаги тӀадегӀан вуго - щиб гьабизе дуда кӀолеб? Гьев жужахӀалдасаги гъоркьегӀан вуго - щиб лъазе дуда кӀолеб?» (Иов 11:7, 8).МЦ 78.3

    Павел чапарас ахӀулеб буго: «Вай, Аллагьасул гӀакъиллъиялъулги гӀелмуялъулги кӀкӀалалъул гъварилъи! Гьесул хӀукмуялда нахъгӀунтӀизе кӀоларо! Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо!» (Рим. 11:33). «Гьесда сверухъ накӀкӀ ва бецӀлъи, Гьесул тахалъул аслу ритӀухълъи ва суд» (Пс. 96:2) абун бугониги, нилъедехун Гьесул тӀалаб агъазалъул ва Гьес нилъее нухмалъиялъе босун бугеб ният-къасдалъул пикру гьабураб мехалда, нилъеда кӀола гьес жиндир хӀакъалъулъ рагьун бицинчӀеб рокьиги цӀцӀобги бихьизе, гьеб кӀиябго Гьесул гӀорхъи гьечӀеб къуваталда бухьараб букӀинги лъазе. Гьесул ният-къасд нилъеда лъазе кӀола, гьеб лъаялдалъун нилъее лъикӀлъи кколеб даражаялда. ХутӀарабщинаб нилъеца кьезе ккола Жиндир ракӀ нилъеде бугеб рокьиялъул цӀурав, Къудратав Аллагьасда кодобе.МЦ 78.4

    Аллагьасул РагӀи, гьелъул Илагьияв Авторасул хасиятго гӀадин балъгояблъун хутӀун буго ва тӀубанго гьеб бичӀчӀизе гӀадамазда киданиги кӀвезе гьечӀо. Дунялалде мунагь бакки, МасихӀ камиллъи, хваралъуса рахъинари, цӀидасан рижи ва Библиялда бугеб гӀемераб цогидабги жо ккола цӀакъго кӀудияб балъголъилъун, гьедин бугелъул, инсанасул гӀакълуялда кӀоларо гьеб бичӀчӀизеги бичӀчӀизабизеги. Нилъеда гьеб ахиралде щун бичӀчӀулеб гьечӀин абураб гӀилла гӀоларо Аллагьасул РагӀуда нилъ щакдараиялъе. ТӀабигӀаталдаги нилъ нахъаса къотӀичӀого дандчӀвала ахиралде щвезегӀан нилъеда ричӀчӀуларел, балъгоял жал. Нилъер гӀумруялъул бищунго гӀадатиял жалазулъгицин нилъеда рихьула нилъер гӀакълу хадургъоларел балъголъаби. Киса-кирго нилъеда рихьула нилъеда бичӀчӀулареб даражаялъул хӀикматал жал. Нилъ хӀикмалъизе бегьилищ рухӀияб гӀумруялъулъги нилъеда ричӀчӀун рахъунарел, балъгоял жал ратараб мехалъ. Кинабго захӀмалъи буго гӀицӀго инсанасул гӀакълу загӀипаб ва мукъсанаб букӀиналъулъ. Хириял ТӀухьдузда гӀунги тӀокӀ руго гьел Аллагьасдасан рачӀарал рукӀин чӀезабулел далилал. Гьесул РагӀиялда нилъ щакдаризе бегьилищ, Гьелъул тӀолабго балъголъи нилъеда лъалеб гьечӀилан абураб гӀиллаялдалъун?МЦ 79.1

    Петр чапарас абулеб буго ТӀухьдузда «ругел цо ричӀчӀизе захӀматал жал, лъавукъал ва цо хӀал кколарел гӀадамаз, жидедего гӀасияб балагь бачӀиналъе сабаблъун ккезе сверизарулел ругин», ай, гьанжесеб мацӀалда абуни, магӀна хисизабулеб бугин (2 Петр. 3:16). Библиялъ Аллагьасул хӀакъалъулъ бицунеб букӀарабани гӀицӀго нилъеда бичӀчӀизе кӀолеб жо, нилъер мукъсанаб ва загӀипаб гӀакълу ахиралде щун хадубгӀунтӀулеб букӀарабани Гьесул кӀодолъиялдаги къудраталдаги, гьеб мехалда гьелъулъ букӀинароан Аллагьасдасан бачӀиналъул мугьру. Гьелъул кӀодолъи-тӀадегӀанлъиялъги ва гьелъулъ ругел балъгоял жалазгийин нилъелъ бижизабулеб ва щулалъизабулеб унгоунголъун гьеб хӀакъаб Аллагьасул РагӀи букӀиналда божи.МЦ 79.2

    Библиялъ хӀакъабщинаб загьир гьабула гӀадатиял рагӀабаздалъун, гьелъ жаваб кьола инсанасул ракӀ жинде хӀажалъаралъеги хӀасратлъаралъеги, ва гьеб киналъго хӀикмалъизарула ва хӀайранлъизарула цӀакъго гӀакъилал гӀадамалги. Гьеб тӀехьалда бищунго хӀалимаздаги лъавукъаздаги батула хвасарлъиялде нух. Кин бугониги, Библиялъул гӀадатиял рагӀабаз нилъеда бицуна цӀакъго тӀадегӀанал, гъваридал ва чӀахӀиял хӀакъикъатазул хӀакъалъулъ. Гьел руго инсанасда ричӀчӀизе кӀолареб даражаялда, гьединлъидал нилъеца гьел къабул гьаризе ккола Жинцаго Аллагьас загьир гьарурал рукӀиналдалъун. Хвасар гьариялъул рахъалъ Аллагьасул план кутакалда якъинго бихьизабун буго, Аллагьасда цебе рекӀекълъи-тавбуги, МасихӀида божиги нилъ хвасарлъиялъе цого-цо нух букӀин нилъеда бичӀчӀулеб хӀалалъ. Гьединал хӀакъикъиял жал нилъеда ричӀчӀизе кӀолел ругониги, гьезулъ руго Илагьияб машгъурлъи-къудраталъул балъголъаби. Инсанасул гӀакълуялдалъун гьезул цӀех-рех гьабун бажаруларо ва гьебго заманалда кӀвахӀ-свак тун гьеб хӀакъикъат балагьизе лъугьарасулъ цӀикӀкӀуна лъикӀаб адаб ва божи. ТӀухьдузул цӀикӀкӀун цӀех-рех гьабунагӀан, цӀикӀкӀун божула гьев, чӀагояв Аллагьасул рагӀаби гьел рукӀиналда ва инсанасул гӀакълу Аллагьас нилъее рагьулеб кӀодолъиялъе мукӀураблъун лъугьуна.МЦ 79.3

    Библиялда бугеб тӀадегӀанаб ва хӀакъабщинаб тӀубанго бичӀчӀизе нилъехъа бажарунгутӀи лъанагӀан нилъ мукӀурлъула абадияб бичӀчӀизе нилъер загӀипаб гӀакълуялъул къуват гӀолареблъиялъе, кивго вугев Аллагьасул къасдал лъазе жиндир мукъсанаб лъаялда кӀолареблъиялъеги.МЦ 80.1

    Щакдарулез ва божуларез Аллагьасул РагӀи ритӀухъ гьабуларо, гьелъул киналго балъголъаби лъазе кӀолел гьечӀилан. Амма Библиялда жал божулин абулелги киналго гуро гьединаб хӀинкъиялдаса хвасарлъулел. Чапарас хъвалеб буго: «Воре, вацал, лъицаниги рекӀелъе лъугьине биччаге квешлъиги божи гьечӀолъиги - чӀагояв Аллагьасдаса ратӀалъичӀого хутӀизе» (Евр. 3:12). ЛъикӀ букӀуна Библия лъазабиялъулъ тӀадчӀей гьабуни ва ТӀухьдузда бихьизабун бугеб хӀалалъ «Аллагьасул гъварилъуде» лъугьани (1 Кор 2:10). Гьебго заманалда «бахчун тараб БетӀергьан Аллагьасул буго», ва «рагьараб нилъер буго» (Втор. 29:29).МЦ 80.2

    Илбисалъ хӀаракат бахъула цӀех-рехалъе инсанасул гӀакълу загӀиплъизабизе, ва чӀухӀиялъ гӀемерисеб мехалъ квал-квал гьабула Библиялъул хӀакъикъат лъазабиялъе. Гьединлъидал цо-цо гӀадамал гӀамал мекълъун лъугьуна ва жал къабихӀ гьарураллъун рикӀкӀуна гьез, ТӀухьдузда бугеб щибаб бакӀ рекӀее къабуллъуледухъ бичӀчӀизабизе жидехъа бажарулеб гьечӀеб мехалъ. Гьезда цӀакъго гӀодобегӀанаблъун бихьула хӀасратал рагӀаби ричӀчӀиялъе жидерго бажари гьечӀолъи. Гьезие бокьуларо хӀакъабщинаб жидее рагьизе Аллагьас бихьизабураб заман тӀаде щвезегӀан сабру гьабизе. Гьединал гӀадамазда ракӀалде ккола Хириял ТӀухьдул жалго лъикӀал лъугьун ричӀчӀизе гӀураб гӀакълу жидер бугилан, амма гьеб ишалъул хӀасил ккечӀеб мехалъ, гьез байбихьула гьеб тӀехьалъул къадруялдаса инкар гьабизе. БитӀараб буго, гӀемерал гӀелмаби ва батӀи-батӀияб дин, Библиялъул кьучӀалда рижарал рукӀин, амма хӀакъикъаталда гьел данде кколаро Аллагьасдасан рачӀарал ТӀухьдузул гӀаммаб магӀнаялде. ГӀемерисезулъ гьелъ бижизабула щакдариги бичӀчӀунгутӀиги. Амма гьеб Аллагьасул рагӀиялъул гӀайиб гуро, гьелъие гӀилла буго Библия - Хирияб ТӀехь инсанас мекъи сверизаби.МЦ 80.3

    Аллагьас рижарал жалазда кӀолел рукӀаралани Аллагьги Гьесул ишалги тӀубанго ричӀчӀизе, цо пуланаб къоялъ гьел ричӀчӀун хадуб гьезул рес букӀинароан хӀакъабщиналъул гъварилъуде хадурккун раккизе, жидерго лъай гӀатӀид гьабизе, гӀакълуги рухӀги церетӀезаризе. Гьелдаса хадув Аллагь хутӀилароан ТӀадегӀанавлъун, ва инсан, лъаялъул ва хӀасилазул гӀорхъуде, рагӀалде щвараб мехалъ, тӀокӀалъ цеветӀелароан, тӀаде цӀикӀкӀинароан. Аллагьасе рецц гьабилин, гьеб гьедин гьечӀелъул. Гьев гӀорхъи-рахъ гьечӀевгӀан кӀудияв вуго. «Гьесулъ бахчун буго гӀакълу-лъаялъул балъгояб хазина» (Кол. 2:3), ва абадул абадиялъ гӀадамаз гьеб лъазабизе буго, бичӀчӀиларищали хал гьабизе буго ва киданиги лъугӀизе гьечӀо Гьесул гӀакъиллъиялъул, лъикӀлъиялъул ва къуваталъул хазина.МЦ 81.1

    Аллагьасе бокьун буго Жиндир РагӀул хӀакъикъат Жиндирго халкъалъе гьанжего, гьаб гӀумруялдаго рагьизе. Гьединаб бичӀчӀилъай щвеялъе буго цо нух: «Жиндалъун гьеб РагӀи кьун букӀараб Илагьияб РухӀалдалъун», «РухӀ Аллагьас цӀакъго бахчун таралда гъорлъеги лъугьуна» (1 Кор. 2:11, 10). Жинда нахърилълъаразе Хвасар гьарулес рагӀи кьуна: «ХӀакъабщинаб загьирлъулеб РухӀ рещтӀиндал, гьелъ бицина нужее хӀакъабщиналъул. Дихъ бугебаб, Дихъаги босун, нужее загьир гьабила гьелъ» (Ин. 16:13, 14).МЦ 81.2

    Аллагьасе бокьун буго инсанас жиндирго гӀакълу цебетӀезабизе. Библия лъазабиялда гӀадин, цоги сунданиги кӀоларо нилъер гӀакълу щулалъизабизе ва тӀадегӀанлъизабизе. Амма нилъеца кинго бегьуларо нилъерго гӀакълу кӀодо гьабизе, гьеб загӀипаб ва мукъсанаб бугелъул. Аллагьасул РагӀи, гьелъул бищунго гӀадатияб хӀакъикъат битӀун бичӀчӀизе ккани, нилъелъ букӀине ккола гьитӀинаб лъимадул гӀадинаб гӀадатлъиги божиги, цӀалдезе ва Илагьияб РухӀалдасан кумек гьаризе хӀадурлъиги. Аллагьасул къуватги гӀакъиллъиги бичӀчӀиялъ, гьединго Гьесул кӀодолъи бичӀчӀизе нилъер къуват гьечӀолъиялъ нилъелъ сабру ва мукӀурлъи цӀикӀкӀинабизе ккола. Гьесул РагӀи нилъеца нилъеего рагьизе ккола Илагьияб адаб-хӀурматгун, Гьесда аскӀор нилъго ругел гӀадин. Библия цӀализе байбихьилелде нилъеда лъазе ккола нилъеда тӀаде къулун ТӀадегӀанаб Къадру букӀин: нилъер рухӀги гӀакълуги къулизе ккола «Дун Вуго» абурасул тӀадегӀанлъиялда цебе.МЦ 81.3

    ТӀадехун бицухъе, Библиялда гӀезегӀен руго захӀматалин ва ричӀчӀуларин кколел бакӀал. ГӀицӀго Аллагьасда кӀола гьел, ричӀчӀизе бокьарасе рагьизе. Ва Илагьияб РухӀалъул нухмалъиялда гъоркь гьечӀони, нилъ кидаго хутӀизе руго Хирияб Калам мекъи сверизабиялъул ва хисизабиялъул хӀинкъиялда гъоркь. Цо-цо гӀадамаз Библия цӀцӀалула щибго пайда гьечӀого, цо-цо мехалдайин абуни, жидеего зарал кколедухъ, - гьез гьеб байбихьулелъулха баркат щвайгийилан абичӀого ва гьари-дугӀа гьабичӀого. Нилъер пикрабиги къисдалги Аллагьасде руссун гьечӀони ва Гьесул амруялде дандекколел гьечӀони, цӀалулесе захӀмат букӀуна щакдарабаздаса ворчӀизе. Гьединаб мехалда Библия цӀалиялъ божунгутӀи бижизабула. Инсанасул пикраби квешаб рухӀалъул кверщаликье ккола, ва Библия цӀалулев чи гьелъ къосинавула. ГӀадамаз хӀаракат бахъулеб гьечӀони тӀубанго Аллагьгун рагӀи дандеккун вукӀине, кигӀанго лъай бугел гьел рукӀаниги, гьезие ТӀухьдузул магӀна бичӀчӀиялъулъ мекъи ккеялъул хӀинкъи буго, гьединлъидал хӀинкъи буго гьез баян гьабуралда божиялъулъги. ТӀухьдузулъ дандекколарел бакӀал ралагьулев чиясулъ букӀунаро, рухӀияб бихьи-кантӀи. Жиндирго мекъалтекъал пикрабазулъ гьесда ратула хӀакъикъаталда гӀадатго ва бичӀчӀуледухъ бугелдагицин щакдариялъеги божунгутӀиялъеги гӀемерал гӀиллаби.МЦ 82.1

    КигӀанго гьеб бахчизейин лъугьаниги, гӀемерисеб мехалда щакдариялъеги божунгутӀиялъеги аслияб гӀиллалъун лъугьуна мунагьалде рокьи. Аллагьасул РагӀиялъул насихӀаталги гӀорхъичӀваялги къабул гьаруларо чӀухӀараб, мунагь бокьулеб рекӀеца, ва ТӀухьдузул тӀалабазе мутӀигӀлъизе бокьичӀел хӀадурго рукӀуна гьелъул къадруялда щакдаризе. ХӀакъабщинаб батизе ккани, нилъелъ букӀине ккола ракӀ-ракӀалъ гьеб лъазеги гьелъие мутӀигӀлъизеги гъира. Гьединаб хӀалалда Библия лъазабизе байбихьулел гӀадамазда гӀемерал жал ратула гьеб Аллагьасул РагӀи букӀиналъе нугӀлъи гьабулел. Гьезда кӀола жинца хвасарлъиялде рачунеб гьелъул хӀакъабщинаб бичӀчӀизе.МЦ 82.2

    МасихӀица абуна: «Аллагьасул амру тӀубазабизе бокьарав чиясда лъала гьаб гӀелму дицаго ургъун бахъарабищ яги Аллагьасдасан бачӀарабищали» (Ин. 7:17) . Библиялда щакдариялъул ва нужедаго бичӀчӀулареб жоялдехун дагӀба баялъул бакӀалда, нужеца пикру буссинабе нуж гвангъизарун ругеб нуралде, ва нужее щвела жеги цӀикӀкӀараб нур. МасихӀил цӀцӀобалъул къуваталдалъун нужеца тӀубазабила нужеда тӀадкъарабщиналъул нужеда бичӀчӀарабаб жо, ва нужее насиблъила гьанже нуж щакдарулел ругебщинабги бичӀчӀизе ва тӀубазабизе бажари.МЦ 83.1

    ГӀелму цӀалараздаги ва бищунго гӀадатияздаги - киназдаго бичӀчӀулеб цо далил буго - гьеб ккола жиндирго гӀумруялъул нугӀлъи. Аллагьас нилъеда абулеб буго Жиндир РагӀи хӀакъаб бугищали ва Жинца кьураб РагӀуда божизе бегьулищали нужецаго хал гьабейилан. Гьес нужеде ахӀулеб буго: «Халгьабуни бихьила БетӀергьан кигӀан лъикӀав вугевали» (Пс. 33:9). Цогидазул рагӀабазухъ гӀенеккиларин, нилъецаго хал гьабилин ва божилин. Гьес рагӀи кьолеб бугелъул: «Гьаре нужерго, гьарараб щвела», - ян (Ин.16:24). Хвасар Гьарулес кидаго хвезабичӀо Жинца кьураб рагӀи. Гьес кьураб рагӀи тӀубазе буго. Гьесда божаразул ракӀбухӀичӀо. Нилъ МасихӀиде гӀагарлъулел ва Гьесул рокьиялдасан тӀубанго лазат босулел ругеб мехалда, Гьев аскӀов вукӀиналъул нуралъ лъугӀиразула нилъер щакдараби ва рухӀияб бецӀлъи.МЦ 83.2

    Павел чапарас хъвалеб буго, Аллагьас нуж «бецӀлъиялъул лагълъиялдаса» тархъан гьарунин ва «Жиндиего вокьулев Васасул парччахӀлъиялде рачанин» (Кол.1:13). Хвалдаса чӀаголъиялде вачӀаравщинас «Аллагь хӀакъав вукӀин чӀезабула» (Ин. 3:33). Гьес нугӀлъи гьабун абула: «Дие кумек хӀажат букӀана, дида гьеб ГӀисада жаниб батана. ТӀадегӀанас тӀубазабуна тӀолабго дие хӀажатабщинаб ва дир рухӀалъул ракъи-къеч буссинабуна. Гьанже дие Библия лъугьана ГӀиса МасихӀица загьир гьабураблъун. Нужеца гьикъулеб буго ГӀисада дун щай божулевилан. Божула, Гьев вугелъул Аллагьасул, дун хвасар Гьавурав. Дун Библиялда щай божулев? Дида бичӀчӀана гьеб букӀин дир рухӀалде ахӀи балев Аллагьасул гьаракь. Нилъелъго нилъеда ратула Библия хӀакъаб букӀин, МасихӀ Аллагьасул Вас вукӀин тасдикъ гьабулел жал».МЦ 83.3

    Петр чапарас жиндирго диналъул вацал ахӀулел руго, «нилъер ТӀадегӀанав ва нилъ Хвасар гьарурав ГӀиса МасихӀги Гьесул цӀцӀобги лъазабун, камиллъизе». ЦӀцӀобалъулъ камиллъараб аллагьасул халкъалда якъинго ричӀчӀула Гьесул рагӀаби ва ругьунлъула Гьесул Илагьияб хӀакъабщиналъулъ цӀияб нур ва цӀияб берцинлъи щвезе. Гьедин букӀана Килисаялъул тархалъул тӀолалго гӀасрабазда ва гьедин букӀина ахиралде щвезегӀан. «РитӀухълъаразул нух - гьеб буго гвангъараб бакъ, гьелъул канлъи цӀикӀкӀунебго цӀикӀкӀунеб букӀуна къо къалъизегӀан» (Притч. 4:18).МЦ 83.4

    Божиялдалъун нилъеда кӀола букӀинеселъулъе раккизе ва, жиндасан канлъи БачӀунесулгун чӀагояб ва битӀухъегояб хурхен бухьеналдалъун, нилъер гӀакълуялъул бажариги рухӀалъул къуватги цӀияб къуваталдалъун цӀикӀкӀине бугилан, Аллагьас кьураб рагӀи бичӀчӀизе. Нилъ рохизе ккола Аллагьасул ишазулъ нилъеда бичӀчӀулеб букӀинчӀебщинаб доб мехалда нилъее якъинлъизе букӀиналдаса, бичӀчӀизе захӀматабщинабги доб мехалда баянлъизе букӀиналдаса. Нилъер мукъсанаб гӀакълуялдалъун нилъеда бичӀчӀулеб букӀинчӀелъулъги ва нилъер тӀубалареб хьуллъун лъугьун букӀаралъулъги доб мехалда нилъеда бихьила камилаб дандеккей. «Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матӀуялъусан гӀадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутӀа лъала. Доб мехалда тӀубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тӀубанго лъан вугев гӀадин» (1 Кор. 13:12). МЦ 84.1

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents