Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    Мунагьчиясе Хвасар гьарулев хӀажалъула

    Жив вижарав мехалда инсанасул букӀана лъикӀаб гӀамал-хасият ва сабруяб гӀакълу-ас. Гьев вукӀана камилав чи ва гӀумру гьабулеб букӀана Аллагьасулгун рагӀи дандеккун. Гьесул пикраби рацӀцӀадал рукӀана къасдалги му-къадасал рукӀана. Амма мутӀигӀлъичӀолъиялъ рекӀел асарал пасалъана, живго вокьиялъ рокьи рекӀелъа бачахъана. Мунагьалъ инсан цӀакъ загӀиплъизавуна: гьесда кӀолеб букӀинчӀо живго лъугьун квешлъиялде данде чӀезе. Гьев лъу-гьана илбисалъул асирлъун, ва абадиялъего асирлъуда хутӀилаан, цо хасаб къагӀидаялъ Аллагь гьеб ишалде гьоркьове лъугьинчӀевани. Илбисалъе бо-кьун букӀана, инсан вижулеб мехалъ Аллагьасул ракӀалда букӀараб жо гьу-къизе ва гьаб дуниял гӀазаб-гӀакъубаялъулги къварилъи-пашманлъиялъулги цӀезабизе. Гьелдалъун гьелъие рес ккелаан гьеб кинабго квешлъи бихьизабизе ва гьелъие гӀайибиявлъун инсан вижарав Аллагь вугилан чӀезабизе. Мунагь-хӀакъ тӀад гьечӀеб заманалда инсан воха-хинлъун кӀалъалаан жив Вижарасдехун - «гӀакълулъаялъул кинабго хазина Жиндилъ бахчун бугевгун» (Кол. 2:3). Амма мунагь гьабун хадуб илагьияб гӀумруялъул рохел гьесие букӀинчӀо, ва гьес хӀаракат бахъулеб букӀана Аллагьасдаса вахчизе. Гьединабго хӀалалда руго гьанжеги жидее цӀилъи ккечӀел гӀадамал. Гьезулъ гьечӀо Аллагьасулгун дандеккей, гьезие гьечӀо Гьесулгун хурхенрухьеналъул рохел. Мунагьчиясда кӀолеб букӀинчӀо Аллагь вугелъув талихӀавлъун лъугьине; гьев лъутулев вукӀана илагьиял жалазулгун гьоркьоблъи гьабиялдаса. Гьев зодове виччан вукӀаравани, гьелдалъунги гьесул рекӀелъе рохел лъугьинароан. Доба жал Рижарасул гӀорхъи гьечӀеб рокьи щивасул рекӀелъ кӀутӀулеб бакӀалда, ракӀ бацӀцӀадаб рокьиялъ ханлъи гьабулеб ахӀвал-хӀалалда, жавабалъе рокьи гьесул рекӀелъе лъугьинароан. Жидеда мунагь-хӀакъ гьечӀел зобалазул агьлуялъул мурадги, къасдги, пикрабиги гьесие тӀубанго чияраллъун рукӀана. Зобалазда бугеб бакъан рекъей хвезабилаан гьес. Зобалазда гӀумру гьесие букӀинаан гӀазаб-гӀакъубаялъул цӀураблъун; гьесие гӀицӀго бокьилаан зобалазул агьлуялъе нурлъун ва рохеллъун вугесдаса вахчизе. Жиндиего бокьун гьабураб хӀукмуялда рекъон гуро Аллагьас мунагьчагӀи зобалазде риччалел гьечӀел, гьел риччалел гьечӀо жал пасалъун рукӀиналдалъун гьениб гӀумру гьабизе гьезухъа божарунгутӀи лъан. Аллагьасул машгьурлъи гьезие букӀинаан жал «кваналеб цӀалъун». Гьезие хвезе бокьилан жал хвасар гьаризе гӀоло Хварасул гьурмахъ балагьун, гьенир чӀезегӀан.МЦ 11.1

    Нилъ ккун ругеб мунагьазул кӀкӀалахъа къватӀире кумек гьечӀого рорчӀизе кӀоларо нилъеда. Нилъелъ квешлъи буго, нилъеда кӀоларо нилъго хисизаризе. «Мунагьаб гӀакълу Аллагьасда дандечӀола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутӀигӀлъуларо, мутӀигӀлъизеги кӀоларо гьелда» (Иов 14:4; Рим 8:7). Культура, лъай, pyxl-жан цӀикӀкӀинаби, инсанасул хӀаракат рекъон ккола жинди-жиндир цо-цо хассаб бакӀалда, амма гьаниб гьезул къуват гӀоларо. Гьезул кумекалдалъун кӀола тӀадбалагьун бихьулеб, божизе бегьулебин ккараб хьвада-чӀвади лъугьинабизе, амма кӀоларо рекӀелъ бугеб хисизабизе яги гӀумруялъул иццал рацӀцӀалъизаризе. Мунагь-хӀакъ тӀад бугев чи вацӀцӀалъизе ккани къваригӀуна ургьиб жанисан асар гьабулеб къуват ва тӀасан зобалаздасан бачӀулеб цӀияб гӀумру. Гьеб ккола МасихӀил къуват. ГӀицго гьесул баркаталдалъун кӀола рухӀалъул хварал рахъазда гӀумру цӀилъизабизе ва гьеб Аллагьасде, рацӀцӀалъиялде бачине.МЦ 12.1

    Хвасар Гьарулес абуна: «Инсан цӀидасан вижичӀони», ай гьесие цӀияб гӀумруялде гьев вачунеб цӀияб ракӀ, цӀиял къасдал, цӀияб мурад ва гъира щвечӀони, гьесда «Аллагьасул ПарччахӀлъи бихьизе гьечӀо» (Ин. 3:13). ТӀабигӀаталъ инсанасулъ лъураб лъикӀлъи гьесулъ цӀикӀкӀинабуни гӀолин абураб пикруялда чӀарал гӀадамал гӀемерго мекъи руго. «ГӀадатияв (по ин. переводу«рухӀияв гурев») чияс къабул гьабуларо Аллагьасул РухӀалдасан бачӀунеб, гьес гьеб гӀантлъилъун рикӀкӀунелъул: ва гьесда гьеб бичӀчӀуларо, гьелъие къимат рухӀияб къагӀидаялъ кьезе кколелъул: «Нуж цӀидасан рижизе кколилан дица абиялда хӀикмалъуге» (1 Кор. 2:14; 3:7). МасихӀил хӀакъалъулъ хъван буго: «Гьесулъ букӀана гӀумру, ва гьеб гӀумру букӀана гӀадамазе нурлъун»; «гьалъаб зобалда гъоркь гӀадамазе кьурал цӀаразда гьоркьоб цоги батӀияб цӀар гьечо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб» (Ин. 1:4; Деян. 4:12).МЦ 12.2

    ЛъикӀаб жо буго Аллагьасул гурхӀел, Гьесул лъикӀлъи ва инсулаб хӀеренлъи инсанасда лъалеб букӀин, Гьесул къануналъул гӀакъиллъиги ритӀухълъиги бихьулеб букӀин, ва гьеб кинабго абадияб рокьул кьучӀалда тӀад гӀуцӀун бугеблъи бичӀчӀулеб букӀин. Амма гьеб гӀоларо. Чапар Павелида гьеб кинабго лъалеб букӀана, гьес гьадин ахӀараб мехалъ «Дун тӀадрекъола къанун лъикӀаб букӀиналда». «Къанунги бацӀцӀадаб буго, Аллагьасул амруги бацӀцӀадаб, ритӀухъаб ва лъикӀаб буго». Амма гьес цӀакъ къваридго, рекӀелъе унти лъугьун ва хьул къотӀун вугеб гӀадин тӀадеги жубана: «Дун холев-унев чи вуго, мунагьалъе лагълъун ккунги вуго», - ян (7:16,12.14). Гьев гӀащикълъун вукӀана жинда кинго букӀинабизе кӀолареб бацӀцӀалъиялъухъ, валилъиялъухъ, ва гурхӀиледухъ абулеб букӀана: «Унго дир талихӀ къоси! Дун хвалде вачунеб чорхол хасияталдаса лъица дун хвасар гьавилев?» (7:24) Мунагьазул цӀурал ракӀазулъан гьеб угьди рагӀулеб букӀана кинабго дунялалда ва кинабго заманалда. Гьеб киналъего цохӀо жаваб буго: «Гьале Дов - гьаб гӀаламалъул мунагь тӀаде босун къурбанлъун лъугьине вугев Аллагьасул КьегӀер» (Ин 1:29).МЦ 12.3

    Илагьияб РухӀалъ гӀемерал сипатаздасан ва суратаздасан бихьизабула ритӀухълъи, гӀайибалъул гьирикьа рорчӀизе гӀащикълъун ругел гӀадамазда гьеб хӀакъикъат якъинго бичӀчӀизабизе. ГӀисавги гуккун, Якъубица мунагь гьабураб ва гьев инсул рокъоса лъутун араб мехалда, жиндаго ккараб гӀайиб бичӀчӀун, гӀазабалда вукӀана гьев. Янгъизав, вуссине рукъ гьечӀев, жиндие хириябщиналдаса тӀезавурав гьесие бищунго цӀикӀкӀун гӀазаб кьолеб букӀана жинца гьабураб мунагьалъ жив Аллагьасдаса тӀезавунин, Зобалъ жив рехун танин абураб пикруялъ.Тату хварав, пашманав гьев гӀицӀаб ракьалда вегана. Гьесда сверухъ рукӀана гӀицӀго гӀадан-чи гьечӀел гохӀал, тӀаде къулун букӀана гвангъарал цӀвабзаз цӀураб зоб. Макьилъ гьесда бихьана цо хӀикматаб кунчӀи ва бецӀлъукь гӀадин бихьулеб букӀана гӀатӀидаб мали. Гьесда кколеб букӀана гьеб мали жив вегун вугеб ракьалдаса тӀаде, битӀахъе зобалазул кавудухъе лъун бугилан. Болъодухъан эхедеги гӀодореги хьвадулел рукӀана Аллагьасул малаикзаби. Доба тӀарада бугеб нуралда гьоркьосан рагӀулеб букӀана Аллагьасул гьаракь - ракӀ гӀодобе биччазабулел ва хьул лъезабулел рагӀаби. Гьедин Якъубида лъана гьесул тӀалабал тӀуразарулев ва къечараб рухӀалъе рохел босун вачӀунев - Жинца Хвасар Гьарулев. Воха-хинлъун ва рекӀел баркалагун балагьана гьев мунагь гьабурав жинда Аллагьасдехун хурхен лъугьинабизе кӀолеб нухде. Макьилъ гьесда бихьараб хӀикматаб мали букӀана ГӀиса МасихӀил - Аллагьасулги инсанасулги хурхен гьабизе Жинда гурони кӀоларев Гьоркьохъанасул гӀаламат.МЦ 13.1

    Гьединабго гӀаламаталде ишара гьабуна Нафанаилилгун букӀараб гара-чӀвариялда МасихӀицаги. Гьес абуна: «Дуда зобал кӀирикьулел рихьила ва гьенисан ГӀадамил Лъимадухъе рачӀунел-унел Аллагьасул малаикзабиги рихьила», - ян. Мунагь гьабун хадув инсан Аллагьасдаса ватӀалъана; зобалаздаги ракьалдаги гьоркьоб букӀараб бухьен къотӀана. Гьоркьоб ккараб кӀкӀал-хъиталъ тӀубан рес къотана гьоркьоблъи гьабизе. Амма МасихӀидалъун ракь цӀидасан зобалгун цолъана. Жиндирго гьунаралдалъун МасихӀица мунагьалъул кӀкӀалалда тӀасан кьо лъуна, ва гьанже малаикзабазе рес ккана гӀадамалгун кӀалъазе ва гьезие хъулухъ гьабизе. МасихӀица гӀорхъи гьечӀеб къуваталъул Иццгун цолъизавуна жиндирго загӀиплъиялда ва къобухӀиялда вукӀарав пасатав инсан.МЦ 13.2

    ЦебетӀеялъул хӀакъалъулъ инсанияталъул киналго анищал, рухӀияб рахъалъ тӀадегӀанлъизе бахъулеб тӀолабго хӀаракат гӀадада ккола, пасалъарал тӀолалго гӀадамазе хьул ва гьезие кумекалъе цохӀо бугеб Ицц гьез къабул гьабичӀони. «Кинабго кьолеб лъикӀабщинабги кинабго камилаб сайгъатги тӀасан, Инсудасан бачӀараб буго. (Иак. 1:17). Гьесдасан гурони букӀине рес гьечӀо гӀамал-хасияталъул хӀакъаб камиллъи. Амма Аллагьасухъе гӀицӀго МасихӀидалъун гурони ун бажаруларо. Гьес абуна: «Дун вуго нух. Дун вуго хӀакъикъат. Дун вуго гӀумру; Дидалъун гурони цониги инсан Дир Инсухъе вачӀине гьечӀо», - ян (Ин. 14:6).МЦ 14.1

    Ракьалда Жиндирго лъималгун Аллагь вухьун вуго хвалдасаги къуватаб рокьудалъун. Жиндирго васги кьун, гьеб цо сайгъаталъулъ Гьес нилъее кьуна зобалазул тӀолабго хазина. ГӀумру, хвел, ва Хвасар Гьарулесул шапагӀат, малаикзабазул хъулухъ, РухӀалъул ахӀи, киназдехунго ва киназдалъунго бугеб Инсул тӀалаб, зобалазул агьлуялъул загӀиплъулареб мурад - гьеб кинабго буго инсаният хвасар гьабизеялъе гӀоло.МЦ 14.2

    РачӀа нилъеца гӀемер пикру гьабилин нилъее гӀоло бугеб хӀикматаб Къурбаналъул ва хӀаракат бахъилин нух къосун ккарал хвасар гьариялъе ва Инсул рокъоре гьел тӀадруссинариялъе Зобалъ кӀвахӀ гьечӀого гьабулеб бугебщиналъе къимат кьезе. Пайда босилин киналго бищунго къуватал къасдаздаса ва ресаздаса. РацӀцӀадал ишазухъ чӀахӀиял шапакъатал, зобалазда рохел, Эменги Гьесул Васги вокьулел малаикзабазулгун хурхен, ахирго гьечӀеб абадиялъулъ нилъер кинабго бажари-махщелалъе тӀадегӀанлъи ва цебетӀей - гьеб киналъго гурищ нилъ киналго ахӀулел ругел ракӀ-ракӀалъ ва тӀолабго рокьигун, нилъ Рижарасе ва Хвасар Гьарулесе хъулухъ гьабизе.МЦ 14.3

    Цоги рахъалъ босани, мунагьалъе Аллагьас къотӀараб диван, чара гьечӀого рецӀел босизе букӀин, рухӀияб рахъ лъугӀи, ва тӀубараб паналъи - гьеб киналъулго бицун буго Аллагьасул РагӀулъ, илбисалъе хъулухъ гьабиялдаса нилъ цӀунизе.МЦ 14.4

    Аллагьасул рахӀмуяб ахӀиялъе гӀинкъаллъунищха нилъ рукӀинел? Цоги щиб Гьес нилъее гьабизе кколеб букӀараб? Гьединаб хӀикматаб рокьиялда-лъун нилъ Рокьулевгун, ритӀухъаб гьоркьоблъи гьабилин! Гьесда релълъине, Инсулгун, Васасулгун ва гӀадамазе хъулухъалъе ритӀулел рацӀцӀадал малаикзабазулгун рагӀи дандеккеялде ва хурхен-рухьеналде тӀадруссине ругел ресаздаса пайда босилин.МЦ 15.1

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents