Loading...
Larger font
Smaller font
Copy
Print
Contents
  • Results
  • Related
  • Featured
No results found for: "".
  • Weighted Relevancy
  • Content Sequence
  • Relevancy
  • Earliest First
  • Latest First
    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents

    КантӀи

    Аллагьасулгун божараб гьоркъоблъи гьабизе инсанасда кин кӀолеб? Мунагьчи кин вацӀцӀадав муъминчилъун лъугьунев? ГӀицӀго МасихӀидалъун, Гьесул вацӀцӀалъиялдалъун рачуна нилъ Аллагьгун рекъеялде, амма МасихӀихъе нилъ кин рачӀинел? ГӀемераз кьола гьединаб суал. Гьеб суалалъ рахӀат хвезабун букӀана гӀадамазул КӀикъоялдаанцӀгоялъул къоялъ: жидер мунагь бугеблъи бичӀчӀун, гьез гьикъана, жидеца щиб гьабилебилан. Петрица гьесие кьураб жавабалъулъ тӀоцебесеб рагӀи букӀана: «КантӀе» (Деян. 2:37). Гьелдаса гӀемер мех иналдего цоги нухалъ гьес абуна: «КантӀе ва Аллагьасде русса, Гьес нужер мунагьал чуризе» (Деян. 3:19).МЦ 16.1

    КантӀиялъул магӀна ккола гьабураб мунагьалдаса рекӀекълъи ва гьеб рехун тей. Нилъеца мунагьалдаса инкар гьабуларо, гьелъул бугеб гӀасияб зарал нилъеда бичӀчӀичӀони, гьеб нилъеца ракӀ-ракӀалъ рехун тезегӀан, нилъер гӀумруялъул унго-унгояб хиси кколаро.МЦ 16.2

    ГӀемерисезда бичӀчӀуларо кантӀиялъул унго-унгояб хӀакъикъат. ГӀадамазул ракӀбухӀула мунагь гьабиялдаса, жидерго хьвадачӀвадицин хисизабула гьез, балагьаразе загьирлъуледухъ. Гьел хӀинкъун рукӀунелъулха жидер мунагьал сабаблъун гӀазаб-гӀакъуба хӀехьезе ккеладайилан. Гьеб жо инжилалъул магӀнаялда кантӀи кколаро. Гьел гӀодула, мунагь сабаблъун гурел, мунагьалъул хӀасил сабаблъун. Гьединаб букӀана ГӀисавил пашманлъи, тӀоцеве гьавурав васасул ихтияраздаса жив тӀубанго махӀрумлъун вукӀин бичӀчӀараб мехалда. Бахъун хвалченги хъатикь ккун жинда цеве нухда чӀун ватарав малаикасукьа хӀинкъун, Валаам мукӀурлъана жиндирго гӀайибалъе; гӀумруялдаса ватӀалъизе бокьичӀо гьесие. Амма гьесул рекӀелъе лъугьинчӀо унго-унголъун мунагьалдаса кантӀиялъул, квешлъиялде рокьукълъиялъул асар. Гьес жиндирго къасдалги ниятги хисизабичӀо. Жиндирго ТӀадегӀанасеги хилиплъун, Ягьуда Искариотица ахӀана: «ГӀайибго гьечӀеб бидул хӀакъги мунагьги ккана диде», - ян (Мф 27:4).МЦ 16.3

    Чара къосиналъул гӀасияб асаралъ ва кватӀичӀого букӀине бугеб диваналдаса хӀинкъиялъ тӀамуна гьев гьедин мукӀурлъизе. Гьев хӀинкъун вукӀана жинца гьабураб ишалъул хӀасилалдаса, амма гьесул рекӀел тӀиналде тӀинкӀичӀо тӀубараб пашманлъи ва гьев рекӀекълъичӀо щибго гӀайиб гьечӀев Аллагьасул Вас вичиялдаса ва «Израилалъул бищунго вацӀцӀадасе» хилиплъиялдаса. Аллагьасул диваналъ гӀазабал жинда хъатӀулел ругеб мехалда мутӀигӀлъана Мисриялъул пиргӀавн жинца мунагь гьабиялъе; жеги цӀикӀкӀараб гӀазаб-гӀакъубаялдаса хадубккун живго ворчӀизе бокьун. Амма ругънал тӀаса аралго, Аллагьасде данде чӀчӀарал ишал гьаризе лъугьана. Гьел киналго пашманлъана, мунагьалдаса гурел, мунагьалъул хӀасилаздаса.МЦ 17.1

    РакӀ, Илагьияб РухӀалъул асаралде гъоркье ккараб мехалда, макьидаса борчӀула мунагьчиясул намус, ва гьесда бичӀчӀула зобалаздаги ракьалдаги Илагьияб кверщелалъул аслулъун кколеб Аллагьасул Къануналъул гъварилъиги бацӀцӀалъиги. «Дунялалде вачӀарав щивав чи гвангъизавулеб» нуралъ (Ин 1:9) къалъ-къалъизарула рекӀел балъгоял бакӀал ва бецӀлъуда бахчун бугебги къватӀибе загьирлъула. Мунагьчиясул гӀакълу гӀола жиндирго гӀайиб ракӀ-ракӀалъ бичӀчӀизе. Гьев мукӀурлъула ТӀадегӀанав вацӀцӀадав вукӀиналъе, гьев хӀинкъизавула жиндирго квешлъигун ва хъублъигун жив, инсанасул рекӀелъ бугеб кинабго балъгоябщинаб Лъалесда аскӀов чӀун вугин абураб пикруялъ. Гьесда бихьула Аллагьасул рокьи, мукъадаслъиялъул берцинлъи, бацӀцӀалъиялъул рохел. Гьев гӀащикълъула Зобалазулгун хурхен лъугьиналъе гӀоло живго вацӀцӀалъиялъухъ, жиндилъ хис-бас ккеялъухъ.МЦ 17.2

    Жинда гӀайиб ккаралдаса хадуб Давудица гьабураб гьаридугӀа букӀана унго-унголъун мунагьалдаса пашманлъиялъул мисаллъун. Гьесул кантӀи букӀана рекӀел гъварилъудасан бачӀараб. Гьес хӀаракат бахъулеб букӀинчӀо жиндир гӀайиб гьитӀинаб бугилан чӀезабизе, гьев Аллагьасде гьардана, жинде тӀаде бачӀине бугеб тамихӀалдаса хвасарлъизе гӀоло. Давудида лъалеб букӀана жинца гӀасияб такъсир гьабураблъи ва жиндир рекӀелъе хъублъи лъугьараблъи, гьесулъ бижана жиндирго мунагьалдехун рокьукълъи. Гьев гӀащикълъун вукӀана бацӀцӀадаб гӀумруялъул рохелалъухъ, Аллагьасулгун рагӀи дандеккеялъухъ ва хурхеналъухъ. Хал гьабе рекӀел тӀиналдасан рачӀарал кинал рагӀабаздалъун гьес гьеб хӀехьезе ккарабщинаб загьир гьабулеб бугебали:МЦ 17.3

    «Гьардарав гурищ къануналде дандекколаребщиналда
    тӀаса лъугьарав ва жиндир мунагьал чурарав чи! Гьардарав гурищ ТӀадегӀанас мунагь бугевлъун вихьизавуларев
    ва жиндир рекӀелъ рекӀкӀ гьечӀев чи»
    МЦ 17.4

    (Пс.31:1,2)

    «ГурхӀа дида, Аллагь, Дур кӀудияб гурхӀелалдалъун,
    Ва Дур цӀобалъул гӀатӀилъиялдалъун битӀизабе къануналда
    дандекколареб хӀалалъ дица гьабунщинаб...
    Къануналде дандекколаредухъ дица гьабунщиналдаса
    дун рекӀекълъана, ва дир мунагьги кидаго дида цебе буго.
    Иссоп щвай диде тӀаде, - дун вацӀцӀалъила, дун чуре, -
    гӀазуялдасаги хъахӀлъила...
    Дир каранда бацӀцӀадаб ракӀ бижизабе, Аллагь,
    Ва ритӀухъаб цӀияб рухӀ лъе дир чорхолъ.
    Дур гьурмада цевеса дун нахъе витӀуге.
    Дур Илагьияб РухӀги дихъа нахъе бахъуге.
    Дие нахъ буссинабе Дуца хвасар гьавиялъул рохел,
    Дур къудратаб РухӀалъ дун къвакӀизе гьаве...
    Дуца дун бияздаса вацӀцӀад гьаве, Аллагь,
    Дун хвасар гьавулев Аллагь,
    Ва дир мацӀалца рецц гьабила Дур ритӀухълъиялъе»
    МЦ 18.1

    (Пс. 50:3-16)

    Жиндирго къуваталдалъун гьединаб кантӀи лъугьине рес гьечӀо; гьеб щола гӀицӀго «борхалъуде вахарав ва гӀадамазе сайгъатал кьурав» МасихӀидасан.МЦ 18.2

    Гьеле гьеб суалалъулъ гӀемерисезул щакдараби ккола ва гьединлъидал гьезие щоларо жидее гьабизе МасихӀие бокьараб кумек. Гьезда ракӀалде ккола, цереккунго кантӀичӀони, МасихӀихъе рачӀине жидеда кӀоларебилан, кантӀиялъ рагьулин жидер мунагьал чуриялде нух. ХӀакъикъаталдаги муна-гьал чурула кантӀун хадур. Гьедин букӀинеги ккола, гӀицӀго пашманлъараб ва кантӀараб рекӀелъе лъугьунелъулха Хвасар Гьарулев къваригӀун вугин абураб асар. Амма мунагьчи цин кантӀизегӀан чӀезе кколевищ, хадув ГӀисахъе ине? КантӀи лъугьине кколебищ мунагьчиясдаги Хвасар Гьарулесдаги гьоркьоб сангарлъун?МЦ 18.3

    Библиялъ малъуларо, МасихӀил ахӀи къабул гьабилелде мунагьчи кантӀизе кколилан. «ХӀалтӀул захӀмалъи баччаралги гьир бакӀлъаралги, Дихъе рачӀа нуж, Дица хӀалхьи кьела нужее» (Мф. ӀӀ:28). МасихӀидасан бачӀунеб къуваталъ рачунелъулха унго-унгояб кантӀиялде. Петрица гьеб бичӀчӀизабуна Исраилил халкъалде гьабураб хитӀабалда. Гьес абуна: «Исраилил халкъ кантӀизе ва гьезул мунагьал чуризе, Жиндирго тахида аскӀове зобалазде восана Аллагьас нилъ хвасар гьаризелъун Жинцаго ПарччахӀлъун гьавурав Гьев» (Деян. 5:31). МасихӀидалъун гурони тӀаса лъугьин нилъее щолареб гӀадин, нилъер намус макьидаса борчӀизабулеб МасихӀил РухӀалдалъун гурони кантӀунги бажаруларо нилъехъа.МЦ 18.4

    МасихӀ ккола киналго лъикӀал къасдазул Ицц. ГӀицӀго Гьесда кӀола мунагьалдехун рокьукълъи нилъелъ бижизабизе. РитӀухълъиялде ва рацӀцӀалъиялде рачӀине бахъулебщинаб хӀаракаталъги, гьединго нилъеда тӀад мунагьал рукӀин бичӀчӀиялъги нугӀлъи гьабула Гьесул РухӀалдалъун нилъер ракӀазе асар лъугьиналъе.МЦ 19.1

    ГӀисаца абуна: «Цинги Дун, ракьалдаса тӀаде ворхизавун, борхатаб бакӀалде вахинавидал, Дица киналго Дидаго хадур цӀазе руго» (Ин. 12:32). Мунагьчиясе МасихӀ загьирлъизе ккола гӀаламалъул мунагьазе гӀоло хварав Хвасар Гьарулев гӀадин; Голгофаялда хъанчида тӀад хвараб Аллагьасул КьегӀералъухъ балагьун, нилъеда лъикӀго бичӀчӀула мунагь чуриялъул балъголъи, ва Аллагьасул цӀобалъ нилъ кантӀиялде рачуна. Мунагьал гьарурал хвасарлъиялъе гӀоло Живго хвеялдалъун МасихӀица бихьизабуна бицун хӀалкӀоларебгӀан кӀудияб рокьи. Мунагьчиясда бичӀчӀараб гьеб рокьиялъ Гьесул ракӀ хӀеккинабула, гӀакълуялъе асар гьабула ва рекӀелъе кантӀи тӀинкӀула.МЦ 19.2

    БитӀараб буго, цо-цо мехалда гӀадамал намуслъула мунагьаб гӀумруялдаса, ва гьез цо-цо квешал гӀамалал рехун тола МасихӀихъе иналдего. Амма лъикӀлъизе гьез бахъулеб щибаб хӀаракат, битӀараб хьвада-чӀвадиялде бугеб унго-унгояб хӀасрат - гьебги ккола МасихӀица гьел жиндехунго цӀалеб къуваталъул хӀасил. Гьезда жеги бичӀчӀичӀеб гьеб асар гьезул рекӀелъе лъугьиналъ намус борчӀизабула, ва гьезул гӀумруялъулъ лъикӀаланго хиси ккола. МасихӀица гьел тӀамула Жиндир хъанчихъ балагьизе, гьезул мунагьазе гӀоло хъанчида ван Вугев вихьизе. Цинги гьезие загьирлъула Гьесул амру, гьезда бичӀчӀула жидер цебесеб гӀумру пасатаб букӀараблъи; гьезда бихьула мунагьалъ жидер рекӀелъе гъваридго кьалбал риччан рукӀин. Гьезда цо къадаралъ бичӀчӀизе лъугьуна МасихӀ, вацӀцӀадав вукӀин. Гьез ахӀула: «Мунагь щиб жоха кколеб, гьелъул лагълъиялде ккарал хвасар гьаризе гӀоло гьедигӀан кӀудияб рецӀел жинца тӀалаб гьабураб? Ниж паналъунгутӀизе, нижее абадияб гӀумру насиблъизе гӀоло хӀажалъун бугебщинаб рокьи, гӀазаб-гӀакъуба ва инжитлъихӀакъирлъи! Унго гьедигӀан цӀакъищха Аллагьасе ниж рокьулел?»МЦ 19.3

    Мунагьчи данде чӀезе бегьула гьеб рокьиялде, МасихӀица гьев жиндехунго цӀалеб къуваталде; амма данде чӀечӀони, хӀакълъунго гьев МасихӀихъе вачуна; жив кин хвасарлъулевали лъан, Аллагьасе вокьулев Васасе гӀемераб гӀазаб кьурал жиндир мунагьаздаса кантӀун, гьев вачӀуна хъанчида гъоркье.МЦ 19.4

    ТӀабигӀаталда кинабго гьадин гӀакъилго гӀуцӀараб Илагьияб ГӀакълуялъ гӀадамазе асар гьабула ва гьезул ракӀазулъе лъугьуна бицун хӀал кӀоларебгӀан кӀудияб къеч. Гьаб дуниялалда сунданиги кӀоларо гьеб къеч буссинабизе. Илагьияб РухӀалъ гьел ахӀула ракълилги рахӀат-хӀалхьиялъулги иццлъун Вугев МасихӀил баркат жидеего балагьизе. ТӀатарабги балъгоябги асаралда-лъун, Жинца Хвасар Гьарулес гьоркьоса къотӀичӀого хӀаракат бахъула, гӀадамазул рухӀалъе кинго гӀорцӀи-хӀалхьи лъугьинабуларел ва мунагь-хӀакъалъул цӀурал лазатаздаса гӀадамал рикӀкӀалъизаризе, Жиндилъ ругел, рикӀкӀун хӀал кӀоларел лъикӀлъабаздехун, тӀокӀлъабаздехун гьезул пикру буссинабизе. Гьаб дунялалъул чӀунтарал иццазухъа лъим гьекъезе гӀадада хӀаракат бахъулел ругел, гьел киналго рухӀаздехун гьадинаб хитӀаб гьабулеб буго Аллагьасул ругьелалъ: «Гьекъезе бокьарав вачӀайилан абе, ва бокьанщинас маулхӀаяталъул лъим чӀобого босейилан абе» (Откр. 22:17).МЦ 20.1

    Гьаб дунялалда нужее щолеб гьечӀеб цо лъикӀаб жоялде ине нужеца ракӀ-ракӀалъ хӀаракат бахъулеб бугони, нужеда бичӀчӀа гьеб букӀин нужеде хитӀаб гьабун Аллагьас ахӀулеб бугелде щвезе бахъулеб хӀаракат. Гьесда гьаре нуж кантӀизарейилан, Гьесул гӀорхъи гьечӀеб рокьигун ва Гьесул камилаб рацӀцӀалъигун нужее МасихӀ загьир гьавейилан. Илагьияб Къануналъул кьучӀ ккола Аллагьасде ва инсанасде рокьи, гьеб камилго загьирлъана Жинца Хвасар Гьарулесул гӀумруялъулъ.МЦ 20.2

    РакӀбацӀцӀадаб рокьул ва лъикӀал ишазул цӀун букӀана Гьесул гӀумру. Нилъ Гьесухъ балагьараб мехалда, нилъ Хвасар гьарулесдасан бачӀараб нуралъ нилъ гвангъизавураб мехалда гурони нилъеда бихьуларо нилъго мунагьазул цӀун рукӀинги, пасалъун рукӀинги.МЦ 20.3

    Никодимица гӀадин, нилъееги гӀей гьабулеб батизе бегьула нилъер хьвада-чӀвади битӀараб бугин, намус-яхӀалъул гӀорхъи бахарал ишал гьарулел гьечӀин, цогидал киналго мунагьчагӀазе гӀадин, нилъее хӀажат гьечӀин Аллагьасда цере ракӀ хӀеккун рукӀинеян абураб пикруялъ. МасихӀидасан бачӀунеб нуралдалъун гурони кӀоларо нилъеда нилъерго ракӀазулъ бугеб тӀолабго пасалъи бихьизе ва нилъер щибаб иш Аллагьасе тушманал, къабихӀал къасдаздалъун хъублъун букӀин бичӀчӀизе. Нилъеда бичӀчӀизе байбихьула нилъер рацӀцӀалъи хӀакъикъаталда релълъун бугеблъи чороклъараб ратӀлида ва гӀицӀго МасихӀил Биялда кӀолеблъи мунагьалъул хъублъиялдаса нилъ рацӀцӀалъизаризе ва Гьесда релълъун нилъер ракӀал цӀилъизаризе.МЦ 20.4

    Илагьияб нуралъул цо чӀоралда, рекӀелъе лъугьараб МасихӀил рацӀцӀалъиялъул цо кӀунчӀиялда кӀолеб букӀун буго нилъер гӀамал-хасияталъул щибаб чӀегӀераб тӀанкӀ гӀазаб кьоледухъ загьир гьабизе, нилъерго гӀунгутӀабиги квешлъабиги рихьизе. Мунагьчиясе загьирлъула гьесул къасдазул хъублъи, рекӀел хӀилла-рекӀкӀ, кӀалзул чороклъи. Гьесда бихьула жиндир квешал ишал Аллагьасул къануналде данде чӀарал рукӀин; гьесул ракӀ данде къан уна Илагьияб РухӀалъул асар жиндие лъугьиндал. МасихӀил бацӀцӀадаб, гӀайиб ккечӀеб гӀамал-хасият бихьидал, жиндехунго рокьукълъи бижула гьесулъ.МЦ 21.1

    Жиндихъе витӀун вачӀарав зобалазул чапарасда сверухъ бугеб нур бихьараб мехалда, Даниял авараг къварилъана жиндирго загӀиплъиги гьитӀинлъиги бихьун. Гьеб хӀикмалъи бихьидал, жиндие лъугьараб асаралъул бицунаго, гьес абуна: «Дир чорхолъа-рекӀелъа къвакӀи лъугӀана, дир гьурмал кьер тӀубанго хисана, дилъ чӀинкьа-кӀитӀи хутӀичӀо», - ян (Дан. 10:8). Гьединаб асаралъ асир гьавурав инсанасе рихуна живго жиндиего хиралъи, жиндирго гурони пикру гьабунгутӀи, ва гьес хӀаракат бахъула, МасихӀил рацӀцӀалъиялда божун, Илагьияб Къануналде ва МасихӀил гӀамал-хасияталде дандекколедухъ жаниса вацӀцӀалъизе.МЦ 21.2

    Павел чапарас жиндирго хӀакъалъулъ абулеб буго, къануналъул тӀалабал тӀуразариялъул рахъалъ жив «вацӀцӀадав» вукӀанилан (Флп. 3:6); (гьел тӀалабазулъ рукӀана гӀицӀго тӀадбалагьун рихьулел ишал). Цинги къануналъул илагьияб рахъ бичӀчӀараб мехалда, гьесда бихьана жинца мунагьал гьарураблъи. Къануналъул хӀарпазулъ хӀакъикъат цогидазда гӀадин, гьесдаги тӀасан бихьуледулъ бугилан ккедал, гьевги мунагь-хӀакъалдаса рикӀкӀад чӀолаан; амма илагьиял амруязул гъварилъуде ваккидал ва, Аллагьасда жив вихьараб хӀалалда, живго жиндаго вихьидал, гьев мукӀурлъана ва жиндирго гӀайибазул бицине лъугьана. Чапарас абулеб буго: «Къанун гьечӀеб заманги букӀана дир гӀумруялъулъ, амма къануналъул амру рещтӀараб мехалъ, мунагь чӀаголъана, дун хвана» (Рим. 7:9,10). Мукъадасаб Къануналъул илагьияб тӀабигӀат бичӀчӀараб мехалда, мунагь гьесда цебе чӀана жиндирго хӀакъикъатаб хӀакъирлъигун ва жиндирго рахъалъ гьесул букӀараб пикруялъул лъалкӀцин хутӀичӀо.МЦ 21.3

    Аллагьас киналго мунагьал цого къагӀидаялъ чӀахӀияллъун рикӀкӀунаро; Гьес, гӀадамазго гӀадин, батӀа-батӀаго борцуна гӀайиб-хатӀаялъул даража. Амма цониги мунагь Аллагьасда цебе гьитӀинаб гьечӀо. Гьеб рахъалъ инсанасул пикру-хӀукму ритӀухъаб ва камилаб букӀунаро, амма Аллагьас киналъего хӀукму къотӀила хӀакъикъаталда гьеб кинабго бугеб хӀалалъ. Гьекъолдухъан хӀакъир гьавула; гьесда абула, дур мунагьалъ дуе алжаналде нух къан бугилан. Гьебго заманалда чӀухӀи, живго жиндиего хиралъи ва къарумлъи гӀемериселъ хутӀула гӀайиб чӀвачӀого. Гьеле гьел мунагьал Аллагьасда цере цӀикӀкӀун къабихӀаллъун руго. Щайин абуни, Гьесул лъикӀлъиялъе ва инсан хиралъиялъе, пасалъичӀеб Дунялалда ханлъи гьабун бугеб бацӀцӀадаб рокьиялъе гӀаксаллъун кколелъул гьел гӀамалал. КӀудияв мунагь гьабурав чи гьелдаса нечон лъугьине бегьула, гьесда бичӀчӀизе бегьула жиндирго пакъирлъи ва МасихӀил цӀобалде жив хӀажатавлъун вукӀин; амма чӀухӀарав чи сундениги хӀажалъуларо, гьединлъидал Гьесул рекӀелъе нух къан букӀуна МасихӀие ва Гьесул бицун хӀал кӀолареб баркаталъеги.МЦ 21.4

    ТалихӀ къарав магъало бакӀарулев чи Аллагьасде гьардана: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цӀурав дида гурхӀайилан» (Лк. 18:13). Гьес живго рикӀкӀана цӀакъго хӀакъирав чилъун. Гьединаб букӀана сверухъ ругезулги пикру. ГӀайибалъулги намус цӀуничӀолъиялъулги гьир бакӀлъарав гьев Аллагьасда цеве чӀана жинда Мун гурхӀайилан гьаризе. Гьесул рекӀелъе нух рагьун букӀана мунагьалъул кверщелалдаса гьев хвасар гьавулеб Илагьияб РухӀалъул баркатаб асаралъе. Жив вацӀцӀадав муъминчи вугилан рикӀкӀун, фарисеясул(динияв гӀалимчи) кӀалдисан бачӀараб, жиндиего рецц-бакъалъул цӀураб гьари-дугӀаялъ нугӀлъи гьабула гьесул рекӀелъе Илагьияб РухӀалъул асаралъе нух къан букӀиналъе. Гьев Аллагьасдаса рикӀкӀад вукӀана, гьединлъидал гьесда бичӀчӀичӀо жиндир мунагь-хатӀаялъулъ Иллагьияб рацӀцӀалъиялдехун гӀахьалаб жо щибниги гьечӀеблъи. Гьесие щибниги хӀажат букӀинчӀо, гьединлъидал щибниги щвечӀо.МЦ 22.1

    Нужеда бичӀчӀани нужеда тӀад мунагь-хӀакъ бугеблъи, нужго лъикӀаллъун лъугьинегӀан чӀоге. ЦӀакъго гӀемераз рикӀкӀуна МасихӀихъе ине гӀураб даражаялда лъикӀал гьечӀин жалилан. Нужерго къуватадалъун лъикӀаллъун лъугьиналде хьулищ нужер бугеб? «Эфиопиялъуласда кӀолебищ жиндирго тӀомол кьер хисизабизе, цӀиркъалда кӀолебищ жинда тӀад ругел тӀанкӀал лъугӀизаризе. Гьедин, квешаб гьабизе ругьунлъун хадуб, нужедаги кӀолебищ лъикӀаб гьабизе?» (Иер. 13: 23). Нилъее кумек гӀицӀго Аллагьасдасан буго. Нилъ балагьун чӀезе бегьуларо, нилъее цӀикӀарал гӀилаби щвезегӀан, цӀикӀунго бацӀцӀадаб гӀамал нилъелъ лъугьинегӀан, нилъее цӀикӀун дандекколеб рес щвезегӀан. Нилъго лъикӀал лъугьун нилъеда щибниги гьабизе кӀоларо. Нилъ кинаб хӀалалда ратаниги, гьединаб хӀалалда рачӀине ккола МасихӀихъе.МЦ 22.2

    Амма лъицаниги ракӀ гӀодобе биччазабизе бегьуларо, Аллагьас Жиндирго кӀудияб рокьиялдалъун ва рахӀмуялдалъун хвасар гьарулин Жиндир баркаталдехун мугъ рехарал гӀадамалгиян абураб пикруялдалъун. Мунагьалъул бищунго цӀикӀкӀараб хӀакъирлъи загьирлъула гӀицӀго Голгофаялда букӀараб хъанчил нуралдалъун. Аллагь цӀакъго лъикӀав вугин, Гьес мунагьчи нахъчӀваларин божун вугев чи Голгофаялъухъ валагьеян абе. МасихӀица Жиндего тӀаде босана мунагьал гьарурал гӀадамазул гӀайиб ва гьезие гӀоло гӀазаб-гӀакъуба хӀехьана. Инсан хвасарлъизавиялъе тӀокӀаб батӀияб нух букӀинчӀо ва гьеб къурбан букӀинчӀебани инсаният тархъанлъилароан мунагьалъул къабихӀаб къуваталдаса ва мукъадасал жалазулгун (малаикзаби) хурхен-рухьен цӀидасан лъугьинароан. ГӀадамаз цӀидасан рухӀияб чӀаголъиялдалъун гӀумру гьабизе гӀоло, МасихӀица Жиндего тӀаде босана гьел гӀенеккичӀолъиялъул гӀайиб, гьезул мунагьал сабаблъун гӀазаб-гӀакъубаги хӀехьана. Аллагьасул Васасул рокьиялъ, Гьес хӀехьараб гӀазаб-гьакъубаялъ ва хвелалъ нугӀлъи гьабула кигӀан гӀасияб мунагь гьеб букӀарабали. Ва гьелъ, мунагьалъул кверщелалдаса тархъанлъизе ва цӀикӀкӀун тӀадегӀанаб гӀумру гьабизе гӀицӀго МасихӀие мукӀурлъиялдалъун гурони кӀолеб гьечӀолъиялъеги нугӀлъи гьабула.МЦ 23.1

    КантӀизе бокьичӀез цо-цо мехалда рихьизарула жал христианал ругилан рикӀкӀунел гӀадамал, ва абула: «Дун гьездаса къадаравищ вугев? Гьезулъ гьечӀо дилъ бугелдаса цӀикӀкӀараб таваккал, гӀакъиллъи ва лъикӀлъи. Дица гӀадин, гьезги гӀумру гьабулеб буго дунялалъул лазат-кеп босун ва жидерго рахӀат-хӀалхьи цӀунун». Гьедин гьез гӀадамазул гӀунгутӀабаздаса пайда босула жидерго тасамахӀлъи ритӀухъ гьабизе. Цогидал гӀадамазул мунагьги гӀунгутӀабиги гӀиллалъун кколаро Аллагь нилъеда тӀаса лъугьиналъе; холев-унев ва гъалатӀ-хатӀа ккезе рес бугев инсан гурелъулха нилъее мисаллъун ТӀадегӀанас вихьизавун вугев, квешлъиялъул тӀанкӀ тӀад гьечӀев Аллагьасул Васлъидал. Христианазул рекъечӀеб гӀамал-хасияталъул гӀарз бахъулел гӀадамаз, жидерго гӀумруялдалъун бихьизабизе ккола лъикӀаб мисал. Гьезда гьедигӀан лъикӀ бичӀчӀулеб бугеб батани христианав кинав вукӀине кколевали, гьелъ цӀикӀкӀинабулеб гьечӀищ гьесул гӀайиб? Гьезда лъалеб буго букӀине кколеб битӀараб рукӀа-рахъин, амма гьез жидецаго гьеб тӀубазабулеб гьечӀо.МЦ 23.2

    КватӀун ккаразе кӀудияб хӀинкъи буго. Нужерго мунагьазул бицин нахътӀамун тоге! Аза-азар гӀадамаз гьеб гъалатӀ гьабула ва абадиялъего паналъула. МасихӀгун цолъиялдалъун балагье рекӀел бацӀцӀалъи! Гьаниб бицине ккеларо гӀумру къокъаб букӀиналъул, метер щиб ккелебали лъангутӀиялъул. Амма руцӀцӀун чӀезе бегьуларо хӀинкъиялъул - гӀемерисезда тӀубанго бичӀчӀулареб хӀинкъиялъул хӀакъалъулъ. Гьеб хӀинкъи буго мунагь рехун тейилан Илагьияб РухӀалъ балеб бугеб ахӀиялъухъ нахъбахъичӀого гӀенеккизе гӀадамазе бокьулеб гьечӀолъиялъулъ. Мунагь кигӀан гьитӀинаб бугилан кканиги, гьелъие квербакъулев чиясе буго абадиялъего паналъиялъул хӀинкъи. Нилъеда къезабизе кӀвечӀелъ ахир-къадги нилъ къезарула ва паналъизарула.МЦ 24.1

    Адамицаги ХӀавацаги цоцазул ракӀчӀезабулеб букӀана гьукъараб пихъ кванай, бицинегӀан кӀудияб хатӀа гурилан ва Аллагьас жидеда цереккунго лъазарун ругел гӀасиял хӀасилал гьеб сабаблъун ккеларилан. Амма гьеб гьитӀинаб хатӀа букӀана Аллагьасул хиси гьечӀеб, мукъадасаб Къанун хвезабилъун. Гьелъ инсан Аллагьасдаса ватӀа гьавуна ва нилъер ракьалде чвахана хвалил ва балагьазул иххал. ГӀасрабаздаса гӀасрабазде ракьалдасан гьоркьоса КъотӀичӀого рагӀулеб буго гӀазабалда гъоркь ругезул гӀасияб угьди-зигарди. Кинабго рухӀчӀаголъиги зигардилеб буго, инсан Аллагъасухъ гӀенеккичӀолъиялъ бачараб балагь сабаблъун. Зодоргицин хутӀун руго Аллагьасде дандечӀеялъул лъалкӀал. Илагьияб къанун хвезабурал рацӀцӀалъизариялъе, чара гьечӀого хӀажалъараб хӀикматаб къурбаналъе памятниклъун бахъун чӀун буго Голгофаялъул хъанч. Гьединлъидал нилъеца мунагьалдехун кӀвар гьечӀеб бербалагьи гьабизе бегьуларо!МЦ 24.2

    Илагьияб Къанун хвезабиялъул, МасихӀил баркат рикӀкӀунгутӀиялъул щибаб хӀужаялъ, нилъее квешаб асар гьабула: ракӀ согӀлъула, къуват загӀиплъула, бичӀчӀи мукъсанлъула. МукӀурлъиялде загӀипго гурони гьесулареллъун лъугьиналдаго цадахъ загӀиплъула Аллагьасул Мукъадасаб РухӀалъул хӀеренаб ахӀиялъухъ гӀенеккизе бажариги.МЦ 24.3

    Жидер рахӀат хвезабулеб бугеб намус, гӀемерисез гӀодобе биччазабула, жидее бокьараб мехалда квешлъиялъул нух рехун тезе кӀолин жидедайилан абураб пикруялдалъун. Гьезда ракӀалде ккола Аллагьасул рахӀмуяб ахӀиялъухъ гӀенеккизе кколарин ва хаду-хадубги жидеда гьеб рагӀизе бугин. Гьезда ракӀалде ккола жидер гӀумруялъулъ баркат-цӀобалъул РухӀги къварид гьабун, илбисалъул рахъалде аниги, ахирисеб хӀинкъи бугеб лахӀзаталда жидерго нух хисизабизе кӀолин. Амма гьеб гьабизе гьедигӀан бигьалъуларо. Мунагь-хӀакъ тӀад букӀаго тӀамураб гӀумруялъул лъалкӀ хутӀула гӀамал-хасияталъулъ. Гьелдаса хадуб гӀемеразе гуро бокьулеб МасихӀида релълъине.МЦ 24.4

    ХӀатта, цо квешаб гӀамалалъ, цо мунагьаб къасдалъ, кидаго гьеб рекӀелъ бугони, ахир-къадги хвезабула Рохалилаб хабаралъул къуват. Бокьараб мунагьалъе мутӀигӀлъиялъ рухӀ Аллагьасдаса рикӀкӀалъизабула. Илагьияб хӀакъикъаталда, тӀирун чӀун, божунгутӀиялъ ва кин кканиги ургъел гьечӀилан лъугьиналъги ахир-къадги рачуна жинцаго бекьараб жинцаго лъилъизе ккеялде. ТӀолабго Библиялда гьечӀо квешлъиялдехун гьединаб тӀадагьаб бербалагьи гьабизе бегьуларилан, кӀвар кьун кантӀизариялъул мурадалда, гӀакъилав Сулайманица абурал гӀадинал рагӀаби. Гьес абуна мунагьчи «жиндирго мунагьалъул туснахъалъув вугилан». (Притч. 5:22).МЦ 25.1

    МасихӀ хӀадур вуго нилъ мунагьалдаса хвасар гьаризе, амма нилъ гьелде хӀалица тӀамуларо гьес. Мунагьалъулъ гьетӀун ккун, нилъ тӀубанго квешлъиялъул рахъалда ругони, гьелдаса хвасарлъизеги ва нилъ хвасар гьарулеб Аллагьасул цӀоб къабул гьабизеги бокьун гьечӀони, нилъее щиб гьабизе Гьесда кӀвелеб? Нилъеца Гьесул рокьи тӀадчӀун нахъчӀваялдалъун нилъецаго нилъго паналъизарулел руго. «Гьале гьанже бачӀун буго доб божизе щвараб заман, бачӀун буго нилъ хвасарлъизе хъван букӀараб къо» (2 Кор. 6:2). «Жакъа нужее Аллагьасул калам цӀалулеб бугони, нужерго ракӀал рицалъизе риччаге» (Евр. 3:7,8).МЦ 25.2

    «Инсан гьурмахъ валагьула, ТӀадегӀанав рекӀехъ валагьула (1 Цар. 16:7) - инсанасул хис-хисулеб, тӀубанго цоцазде дандекколарел рохалилги пашманлъиялъулги асарал жиндилъ ругеб, жиндилъ хъублъиги хӀилла-рекӀги гӀемераб рекӀехъ валагьула. Аллагьасе загьирал руго нужер къасдал, ният ва мурад. Нужер ракӀ кигӀан хъубго бугониги, Гьесухъе а! Кинабго бихьулесул беразда цебе лъелин рекӀел тӀиналда бахчарабги, туркаби ахӀулес гӀадин: «Дир хӀал бихье, Аллагь, дир ракӀ кинаб бугебали лъазабе; дир хӀал бихье ва дир къасдал лъазаре; Мун валагье дун хӀинкъараб нухда вугищали, ва дун абадияб нухде ккезаве» (Пс. 138:23,24).МЦ 25.3

    ГӀемерисез гӀей гьабула гӀицӀго гӀакълияб диналда, тӀадбалагьун бихьулеб муъминлъиялда, амма гьезул ракӀал рацӀцӀалъун рукӀунаро. Нужеца гьаре: «Дир каранда бацӀцӀадаб ракӀ бижизабе, Аллагь, ва ритӀухъаб цӀияб рухӀ лъе дир чорхолъ» (Пс. 50:12). Нужго нужелъго рацӀцӀадаллъун рукӀа! Гъира бугеллъун ва тӀадчӀараллъун рукӀа, нужер гӀумруялъе хӀинкъи бугеб мехалъ щиб гьабизе букӀараб батаниги, гьеб гьабе! Гьеб суал тӀубазе ккола Аллагьасул ва нужер рекӀел гьоркьоблъиялдалъун - тӀубазе ккола абадиялъего. Нужее кӀудияб зарал ккезе буго гӀададисеб жоялде хьул лъун нужеца бахъулеб хӀаракаталъ.МЦ 25.4

    Гьари-дугӀагун лъазабе Аллагьасул РагӀи! Гьеб РагӀуца нужее Аллагьасул Къануналъулъ ва ГӀиса МасихӀил гӀумруялъулъ рагьула бацӀцӀалъиялъул цӀакъго чӀахӀиял, жал гьечӀого «лъиданиги ТӀадегӀанав вихьуларел» (Евр. 12:14) къагӀидаби. Гьелъ нужер ракӀчӀезабула нужелъ мунагьал рукӀиналда ва мухӀканго бихьизабула хвасарлъиялде нух. Гьелъухъ нуж чара гьечӀого гӀенеккизе ккола нужер рухӀалдехун Аллагьасул ахӀиялъухъ гӀадин.МЦ 26.1

    Мунагьалъул гӀасилъи ва унго-унголъун нилъер рекӀел бугеб хӀал бихьаниги, хьул къотӀун рукӀинарин! МасихӀ вачӀун вугелъулха мунагьчагӀи хвасар гьаризе. Нилъеца Аллагь нилъедехунго цӀазе кколаро, щайгурелъул - Вай, хӀикматаб рокьи! - Аллагьас «МасихӀидалъун тӀолабго гӀалам Живгун рекъезабидал» (2 Кор. 5:19). Жиндирго хӀеренаб рокьудалъун Гьес Жиндехунго цӀала къосун ккарал Жиндирго лъималазул ракӀал. Ракьалда ругел цониги эбел-инсуда кӀоларо жидерго гъалатӀазул цӀурал лъималаздехун, Дунялалъул лъималаздехун Аллагьас гьабулелда релълъун, сабураб бербалагьи гьабизе. Гьесул гӀадаб кӀудияб тӀалаб-агъазалдалъун ва кӀудияб рокьиялдалъун лъиданиги кӀоларо къосун ккарав жиндихъего ахӀизе. Кинабго Гьес кьураб рагӀиги нужго цӀунейилан малъиги, цоги щибниги гуро, Гьесул бицун хӀал кӀолареб рокьи гурони.МЦ 26.2

    Нуж кӀудиял мунагьчагӀи ругилан илбисалъ нужеда ракӀалде ккезабураб мехалда, нуж ралагье Нужер Мунагьал Чурарасухъ ва бице Гьесул гьунаразул. ХӀакълъунго нужее кумек гьабулеб жо ккола Гьесдасан бачӀунеб нуралъухъ балагьи. Нужелъ мунагь букӀиналъе мукӀурлъе, амма илбисалда абе, «ГӀиса МасихӀ дунялалде вачӀанин мунагьчагӀи хвасар гьаризе» (1 Тим, 1:15) ва Гьесул гӀорхъи гьечӀеб рокьиялдалъун нижги хвасарлъулилан. Цо нухалда ГӀисаца Симонида бицана кӀиго налъуласул хӀакъалъулъ. Гьезул цояс жиндирго бетӀергьанасе кьезе кколеб букӀун буго дагьабго гӀарац, цогидас - цӀакъго гӀемераб. БетӀергьанас кӀиязулго налъи тӀаса хъвагӀан буго. МасихӀица Симонида гьикъана, «гьев кӀиявго налъулазул кинасейин жиндирго бетӀергьан цӀикӀкӀун вокьилевилан». Симоница жаваб кьуна: «ЦӀикӀкӀун гӀарац тӀаса хъвагӀарасе цӀикӀкӀун вокьила», - абун (Лк. 7:43).МЦ 26.3

    Нилъ рукӀана кӀудиял мунагьчагӀи, амма МасихӀ хвана нилъее тӀаса лъугьин сайгъат гьабизе гӀоло. Гьесул къурбан буго нилъ хвасар гьарейилан Инсуда гьаризе гӀурабгӀан кӀодолъиялъул. Жидер цӀикӀкӀарал мунагьаздаса тӀаса лъугьаразе Гьев цӀикӀкӀун вокьила. Гьесул тахида цере гӀагардегӀан рахъун чӀела гьел ва Гьесул цӀакъго кӀудияб рокьиялъеги гӀорхъи гьечӀеб къурбаналъеги рецц гьабила. Аллагьасул рокьи нилъеда цӀикӀкӀун бичӀчӀанагӀан цӀикӀкӀун загьирлъула нилъее мунагьалъул бугеб кӀудияб зарал. Нилъедехун Аллагьасул бугеб гурхӀелалъул кӀодолъи бихьараб мехалъ ва нилъее гӀоло МасихӀица гьабураб гӀорхъи гьечӀеб къурбаналъул кӀодолъи нилъеда бичӀчӀизе байбихьараб мехалда цо хиса-баси лъугьуна нилъер рекӀелъ. Гьеб билъун уна рокьиялъулги кантӀиялъулги асаразул чвахукь.МЦ 26.4

    Larger font
    Smaller font
    Copy
    Print
    Contents